Аваралэтникияб къокъа ва миллат, кавказияб хъизаналъул авар мацӀалда жал кӀалъалел, гӀаммаб тарихги маданиятги жидер бугел. Ккола Кавказалъул кьибилал халкъазул цояб, тарихияб рахъалъ гӀумру гьабун МугӀрул Дагъистаналда (Авария), Азарбижаналда (ЦӀор) ва Бакъбаккул Гуржиялда[1] бугеб, гьанжесеб Дагъистаналъул бищун рикӀкӀен гӀемераб хъалкъ.Дунялалда ругелщинал аваразул къадар бахуна 1 миллион чиясде, гьезул цӀикӀкӀанисел (кинабнгоялдаса 85 %) руго жидерго тарихияб ватӀаналда — Дагъистаналда, аваразул гӀ-ш. 6% буго Россиялъул цогидал регионазда, ва гӀ-ш. 9% гӀумру гьабун буго Россия тут къватӀиб, аслияб къагӀидаялъ Азарбижаналда — аваразул тарихияб ракь ЦӀоралда, ва Туркиялда дисапора хӀисабалда. Авара руго Дагъистаналъул 41 мухъалъул 17 мухъалда ва 10 шагьаралъул 5 шагьаралда цӀикӀкӀаниселлъун.

Байрахъ

Цlaр

РикӀкӀен ва ругеб бакІ

 
Аварал ругеб бакӀ Дагъистаналда, Чачаналда ва ЦӀоралда (Азарбижан), %-азда, 2010 соналъул Россиялъул ва 2009 соналъул Азарбижаналъул халкъалъул къадар рикӀкӀиналъул баяназда рекъон.
 
Жанубияб Федералияб Сверухълъиялда ва Шималияб Кавказалъул Федералияб Сверухълъиялда аварал ругеб бакӀ, шагьаралъул ва росдал поселениязда, %, 2010 соналъул къадар рикӀкӀин.

Дунялалда аваразул къадар буго 1 миллион чи: Россиялда — 850 аз., Азарбижаналда — 50 аз., Туркиялда — 50 аз.[2]

Аваразул бутӀа мухъалккун 2010 соналъул халкъалъул къадар рикӀкӀиналда рекъон:[3]

МухъИкълим%
ГӀахьвахъ мухъДагъистан99,4 %
ЦӀунтӀа мухъДагъистан99,4 %
Хьаргаби мухъДагъистан99,3 %
ЦӀумада мухъДагъистан98,9 %
Шамилил мухъДагъистан98,7 %
Бакълъул мухъДагъистан98,6 %
ЛъаратӀа мухъДагъистан98,4 %
Болъихъ мухъДагъистан97,5 %
Унсоколо мухъДагъистан97,5 %
Хунзахъ мухъДагъистан97,5 %
ЧӀарада мухъДагъистан97,3 %
Гъуниб мухъДагъистан96,3 %
НахъбакӀ мухъДагъистан85,9 %
Гелбахъ мухъДагъистан83,4 %
Гелбахъ шагьарДагъистан72,1 %
Хьаруб мухъЧачания54,4 %
БагӀархъала мухъДагъистан46,6 %
Салануб шагьарДагъистан46,1 %
Шурагьиб шагьарДагъистан45,79 %
Тарамухъ мухъДагъистан35,8 %
Хасавхъала мухъДагъистан31,4 %
Хасавхъала шагьарДагъистан30,6 %
МахӀачхъала шагьарДагъистан26,7 %
Шурагьиб мухъДагъистан23,5 %
Лаваша мухъДагъистан22,4 %
ЦӀиябтум мухъДагъистан21,9 %
Дибирилросу мухъДагъистан20,3 %
БагӀархъала шагьарДагъистан20,1 %
Турхъалиб мухъДагъистан18,4 %
КаспихъДагъистан14,7 %
Черноземел мухъХъармухъия7,2 %

Аварал гӀумру гьабун руго Дагъистаналъул мугӀрулаб рахъалъул цӀикӀкӀанисеб территориялда (13 мухъ) ва бутӀаккун лъарагӀлъуда ругел мухъазда (Гелбахъ, БагӀархъала, Тарамухъ, Хасавхъала, Шурагьиб ва цогидал мухъал). Дагъистаналде гурелги, гӀумру гьабун аварал руго ЧачаналӀ (Хьаруб мухъ), Гъалмугъалда ва Россиялъул Федерациялъул цогидал субъектазда (кинабниги къадар — 912 090 чи). Дагъистаналда аварал ругеб аслияб территория буго ГӀанди-гӀоралъул, Авар-гӀоралъул ва ЧӀегӀер-гӀоралъул бассенал. Аваразул 28 % гӀумру гьабун буго шагьаразда (2002 соналъул баянал).

Антропология

Генетика

МацӀ

Авар мацӀ ккола шималкавказияб хъизаналъул нахъгин дагъистанияб къокъаялде, гьелъул руго сверелал, жал шималияб ва жанубияб тӀадкаламазде рикьулел. ТӀоцебесеб тӀелалде ккола бакъбаккулал, хундерилаб ва нахъбакӀалъулаб, кӀиабилелде — гьидерилаб, анцухъезулаб, цӀоралъулаб, къаралазулаб, къехӀдерилаб ва гьочотӀасезулаб сверелал; гьоркьохъеб позицион буго бакълъухъезулаб сверелалъул. БатӀи-батӀиял сверелазда ва сверелазул группабазда гьоркьор руго фонетикиял, морфологиял ва лексикиял батӀалъиял.

Авар мацӀалъе гӀагарал руго гӀандисезул ва цӀунтӀисезул мацӀал. И. М. Дьяконовасда рекъон, нахгин дагъистаниял мацӀазда цадахъ, авар мацӀ буго некӀсияб алародиял мацӀазул чӀагояб давам; гьел мацӀазда гъорлӀ руго гьединго агван, хуррит, урарт, гутий гӀадал хварал мацӀалги.[4] Гьедниго С. А. Старостиница рикӀкӀунаан тум мацӀалъул гьанжесел авариял мацӀазулгун гӀагарлъи букӀин.[5]

Россиялда ругел аваразда гьединго лъала гӀурус мацӀ, Туркиял ва Азарбижаналда ругел аваразда бицуна турк ва къажар мацӀалги.

Авар хъвай-хъвагӀиялъул традициялъул кьалбал уна гьоркьохъел гӀасрабазулӀе. ТӀоцересел хъвай-хъвагӀиял гӀарасал руго гуржи хӀарпаздалъун гьарурал. Ислам тӀибитӀиялдаса байбихьун ва 1927 соналде щвезегӀан авар хъвай-хъвагӀи букӀана гӀараб графикаялъул аслуялда (авар гӀажам), 1927–1938 соназда — латин графикаялда. 1938 соналдаса авар хъвай-хъвагӀи бачун буго кириллицаялъул аслуялде.

1938-абилелдаса байбихьун 1955 соналде щвезегӀан БакътӀерхьул Дагъистаналда (Авариялда) школабазда жо малълъи 5 классалде щвезегӀан букӀунаан авар мацӀалда, хадусел классазда байбихьулаан гӀурус мацӀалда. 6-абилеб классалдаса авар («рахьдал») мацӀ ва адабияб лъазарулаан хасал дисциплинаби хӀисабалда. 1955-56 цӀалул соналъ Авариялъул школабазда дарсал малълъи бачана авар мацӀалде. 1964-65 цӀалул соналъ Дагъистаналъул шагьаразда рукӀаралщинал миллиял школаби къана, дарсал малъиялъул процесс бачана гӀурусалде. Жакъа къоялъ аварал ругеб территориялда школабазда жо малъулеб буго авар мацӀалда 3-абилеб классазде щвезегӀан, хадуб — гӀурусалда. Шагьаразда абуни киналниги школабазда миллиял мацӀал хисун хӀалтӀизабулеб буго гӀурус мацӀ. Гьеб системаялъ цӀикӀкӀинабулеб буго ассимилациялъе рес. Дагъистаналъул конституциялда рекъон, авар мацӀалъул буго "пачалихъияб" статус Дагъистаналъул Ресбуликаялда; аваразул мухъазда, де факто, гьеб буго расмияб мацӀлъун.

2001–2016 соназда[6] авар мацӀалда санайил информация кьолеб букӀана Прагаялда американ «Эркенлъи/Эркенаб Эвропа» радиостанциялъул Шималкавказияб студия, жиб Цолъарал Штатазул Конгрессалъ финансинабулеб букӀараб.[7][8]

Халкъалъул тарих

Маданият

Адабият

ГІелму

Музыка ва кьурди-хъат

Материалияб маданият

Росаби

Рукъ

ЖамгІиял бакІал

Росдал магІишат ва боцІи-панз хьихьи

Кверзул махщел

Миллияб ретІел

РукІа-рахъин

ЖамгІияб низам

Хъизан

Квен-тІех

Дин

Аварал буго бусурбанал.

ГІадатал

Галерея

Азарбижаналъул аварал

Закаталаялда нижеца бана кIиго анкьгIанасеб заман. Нижеда дандчIвана гIемерал батIи - батIиял гIадамал. Ниж щвана гIемерал аварал росабалъе - ЧIарихъе, Лъебел-убаялде, КIатIихъе, МацIихъе, Динчиялде, Къабахчолибалде ва гь.ц. Нижеда бицана гIицIго Закаталаялъулги Билканалъулги - кIиябго районалда 115 азариде гIунтIун авар халкъ бугилан. Гьеб дагьаб халкъ гуро. Гьединлъидалги батизе ккола, дир рекIее хIаталдаса ун асар гьабураб жо ккана гьезда жидерго авар мацIги аваразул гIадатги бацIцIадго цIунизе кIун букин. ЦIали ва хъвай-хъвагIай гьениб къажар мацIалда гурони гьечIо, школалда предмет хIисабалдацин авар мацIги малъулеб гьечIо, рахьдал мацIалда газета, тIехь, радио гьаниб гьечIо, амма рокъобги къватIибги бицунеб жо авар мацI буго.

Туркиялъул аварал

Медиафайлал

ХIужаби

  1. Ю. А. Жданов. Энциклопедия культур народов Юга России: Народы Юга России. Ростов-на-Дону: Северо-Кавказский научный центр высшей школы, 2005. — 244 с.
  2. "Аварцы – прошлое и настоящее".
  3. Цитатинабиялъул гъалатӀ:Мекъаб тег <ref>; мурад баян гьабун хъвалеб Даг2010 -лъе текст бихьизабун гьечІо
  4. И. М. Дьяконов. Старостин С. А., Хуррито-урартские и восточно-кавказские языки // Древний Восток: Этнокультурные связи- М.: 1988
  5. Дьяконов И. М., Старостин С. А. Хуррито-урартские и восточнокавказские языки // Древний Восток: этнокультурные связи. — Москва: Наука, 1988.
  6. «Радио Свобода» прекратило вещание на черкесском (адыгском) языке
  7. 3 апреля 2001 года «Радио Свобода» приступило к регулярному вещанию на Северный Кавказ
  8. Как Радио «Свобода» вещает на Северный Кавказ
🔥 Top keywords: БетӀераб гьумерКонсуллъиИспаниял2018 сонУгандаХудожникШведал2023 сонГӀурус географияб жамагӀатВикипедия:Гьанжесел лъугьа-бахъиналВикипедия:ЖамгӀияб порталВикипедия:БаянВикипедия:ГІахьалчагІазул цІаралВикипедия:Алипбаялъул игІланХъулухъалъулаб:ЦІиял хиса-басиялВикипедия:МажлисПортал:Хал-шалКВикипедияВикипедия:Авторасул хІукъукъалВикипедия:БайбихьиЭркенаб контентРоссияВикипедия:ЛъикІ щварал ВикипедиялдеMВикипедия:Сиясат ва нухмалъиялВикимедиа ФондПетербурКумек:ВикипедиялдеВикипедия:ВакиллъиБуртиял1931194019361958Авар мацӀДагъистанАваразул ханзабазул сияхӀВикипедия:Википедиялъул жаниб бугеб жо/Аслиял темебазул сияхIБетIераб гьумерАвар нуцаллъиХъулухъалъулаб:ХъирщиКатегория:ТарихБоснул мацӀКатегория:Адабият1973Категория:БиологияЩаматВикипедия:Хехаб байбихьиялъе баянХӀамзатил РасулАвар мацІМорис БюкайКатегория:Математика1938МугӀрузул рахасКатегория:ФилософияШагьадат19171916ПарансХалип:Кэш бацӀцӀизеСамилахъГъазимухӀамад ИмамГъуниб мухъМуниципалияб мухъВикипедия:БетӀераб гьумералда гьанжесел лъугьа-бахъинал/КандидаталURLКъедиБуцӀраКатегория:Порталал185227 майКатегория:АрхитектураЛатин мацӀКатегория:ТехнологияЭгъедаРалъдал гьумералдаса борхалъиКатегория:ДинГимнИнгилис мацӀВикипедия:Макъалабазул устар1902Категория:ТеатрБерЮрий ГагаринПлатонХӀатшепсутАвар мацІалъул свералабиМайВикипедиялъул бахӀс:ЖамгӀияб порталКурмиКитайТуркияТӀабигӀатХъизихъ1942Халип:Lang-enВикипедия:АдминистраторалНариш