Авар мацӀ

Авар мацӀ — Кавказалда бугеб нахгин дагъистанияб хъизаналъул аваразул мацІазул аваргин гІадисезулаб къокъаялъул мацӀ

Авар мацӀ (ХФА: aˈwar mat͡sʼː) ккола Бакъбаккул Кавказалда бугеб нахгин дагъистанияб хъизаналъул аваразул мацӀазул гӀаркьелалъул аваргин гӀандисезулаб къокъаялъул мацӀлъун.

Авар мацӀ
აჳარ მაც, اوار ماڞ, awar macʼ
მაღარულ მაც, ماعارۇل ماڞ, maǥarul macʼ, магӀарул мацӀ
Абулеб къагӀидаʔaˈwar mat͡sːʼ
ТерриторияРоссия, Азарбижан, Хъазахъистан, Гуржи ва Туркия
МацӀалда кӀалъалелАварал
КӀалъалезул къадар
1000000 (2010)[1]
Цересел формаби
Стандартиял формаби
Авар адабияталъулаб мацӀ
БолмацӀ (тарихияб)
Диалектал

Авар хъвай-хъвагӀи:
кириллица (1938 соналдаса)
латин (1928 – 1938)
гӀараб (XV–1928)

гуржи (XII–XIV)
Расмияб статус
Расмияблъун бугеб бакӀ
 Дагъистан (Россия)
МацӀалъул кодал
ISO 639-1av – Avaric
ISO 639-2ava – Avaric
ISO 639-3Either:
ava – Avaric
oav – Old Avar
ava – Avar
 oav – Old Avar
Глоттологavar1256[2]
Northeast Caucasus languages map ru.svg
     Авар мацӀ нахгун-дагъистаналъул мацӀазда гьоркьоб 16–29
Гьаб макъалаялда руго ХФА-лъул ишараби. Визуализациялъе къварегӀараб кумек[en] гьечӀони, Юникодалъул ишарабазул бакӀазда рихьизаризе бегьула гьикъул ишараби, ункъбокӀонал яги цогидал ишараби[en]. ХФА-лъул ишарабазул байбихьул малъа-хъваязухъ балагье Кумек:ХФА?!.

ТӀибитӀун буго аслияб къагӀидаялъ Дагъистаналда ва ЦӀоралда, Чачаналда, ва гьединго Хъизихъалда, ва Туркиялда ругел авар мужагьирзабазда гьоркьоб. Ккола Дагъистаналъул расмиял мацӀазул цояблъун, гьединго Дагъистаналъул бакътӀерхьуда, ай тарихияб Аваристаналда бугеб лингва франкалъун (болмацӀ). Авар адабияталъулаб мацӀалъул кьучӀалда буго болмацӀ — цебе аваразул жидедаго гьоркьоб бо бакӀарараб мехалъ бицунеб букӀараб мацӀ. КӀалъалезул къадар бахуна цо миллионалде.

Авар мацӀалъул фонетикияб гӀуцӀиялда буго гӀатӀидаб рагьукъал гьаркьазул (консонантазул) система, жиндида жаниб халалъарал (фортисалъул) лабиалиялги (кӀутӀбузулал) рагьукъалги ругеб. Рагьараб гьаракь адбияталъулаб авар мацӀалда буго щуго, гьел руго гӀадатал, кирго абула кӀудияб хиси ккечӀого, ай аллофонлъи гьечӀого, амма сверелазда дандчӀвала халатал рагьарал гьаркьалги (ралагье хундерил сверел).

Морфологияб гӀуцӀи буго агглютинативияб, жинда гьоркьоб формантаздалъун рагӀи хисиги флексияги бугеб. Буго гӀатӀидаб игӀрабазул система: гьезул 4 — гӀадатаб игӀраб аслияб, актив, хаслъул ва кьовул); 24 — бакӀалъул игӀраб (чӀовул, яги локатив, рачӀул, яги аллатив, ратӀалъул, яги аблатив ва транслатив). Синтаксисалъул системаялда жумлаялъул гӀуцӀи буго гӀемерго эркенаб.

Лексика аслияб къагӀидаялъ буго жиндирго, буго гьединго цогидал мацӀаздасан рачӀарал рагӀабазул гӀатӀидаб гъат. гӀемерисел рагӀаби рачӀарал руго гьоркьохъел гӀасрабаздаса байбихьун гӀараб, тюрк, парс мацӀаздасан, XIX гӀасруялдаса гӀурус мацӀалдасаги (гьенисанго халкъаздагьоркьосеб лексикаги).

Авар мацӀалъул буго чанго сверел, гьел рикьула хьундасеб ва бакъдасеб тӀадкаламазде. MацӀалъул свералабазда гьоркьоб буго фонетикияб, морфологияб ва лексикияб батӀалъи. Стандартияблъун ккола шималияб тӀадкаламалде гъорлъе унеб адабияталъулаб мацӀ.

Лингвогеография

тӀибитӀун бугеб бакӀ ва кӀaлъалезул къадар

 
Авар мацӀ

Авар мацӀ тӀибитӀун буго аваразул Хунзахъ, Бакълъул, Гъуниб, НахъбакӀ, ЛъаратӀа, Унсоколо, ЧӀарада, Шамилил мухъазда, Болъихъ, ГӀахьвахъ, ЦӀумада ва цӀунтӀа мухъазда; Дагъистаналъул Бабаюрт (21 %), Шурагьиб (27 %), Гелбахъ (83,9 %), Лаваша (25 %), Хасавхъала (33 %), БагӀархъала (46 %), Тарумасул (35 %), ЦӀияблак (23 %) ва Рутул (ГьочотӀа росу) мухъаздаги, гьединго МахӀачхъала (26 %), Гъизилюрт (70,88 %), Гъизляр (21 %), Салануб (46 %), Хасавюрт (30,66 %), Шура (45,79 %) шагьараздаги. Азарбижаналъул хьундасеб (шималияб) рахъалда (аваразул ЦӀоралда), Чачаналъул Хьаруб мухъалда 54,49 %, (Кванхи ва Бути росаби), Гуржиялъул хундасебгун бакъбаккул рахъалда ва Туркиялда гӀумру гьабун ругел аваразда гьоркьоб.

Россиялда авар мацӀалда кӀалъалезул къадар бахуна — 715 297 чиясде (2010)[3]. Гьеб рикӀкӀеналда гъорлъе рачун руго гӀандигун цез мацӀазда кӀалъалел цо чанго росабазул гӀадамалги, жидеца кӀиабилеб мацӀлъун авар мацӀ хӀалтӀизабулеб букӀиналъ. Рахьдал мацӀ бицунеб гӀадин авар мацӀ бицунезул къадар бахуна гӀага-шагарго — 703 азар. чиясде (2010), 65 азаргогӀан авар мацӀалъ кӀалъалев чи вуго Дагъистанги Азарбижанги тун къватӀихун.

Аваразул гӀемераб къадар кӀалъала кӀиго мацӀалда: жибго авар мацӀалдаги гӀурус мацӀалдаги. Дагъистаналда ругезул гӀурусалъ кӀалъалезул къадар бахуна 63,3 %, Азербайджаналда ругезул — 9,3 %, ахиресезул 68 % ккола къажар мацӀалда кӀалъалел. ЮНЕСКО-ялъул классификациялда рекъон авар мацӀ буго жиб тӀагӀине бегьулеб мацӀлъун[4].

гӀурус армиялъул генерал А. А. Неверовскиясул 1847 соналъ гьабураб хъвай-хъвагӀиялда буго[5]:

Аварал кидаго мугӀрузда бищун къуватаб халкълъун букӀиналъ, гьез Дагъистаналъул бакъулъ бакӀ кколеб букӀиналъ, гьезул мацӀ лъугьана гьеб мухъалъул халкъазда гьоркьоб бищун тӀибитӀараблъун. Киназдего гӀунтӀун магӀарулазда кӀола авар мацӀалда кӀалъазе ва жидедаго гьоркьоб кӀалъазе хӀалтӀизабула.Халип:Эбелаб мацӀалда текст

Социолингвистикиял баянал

Жакъа къоялдеги Авар мацӀ буго Дагъистаналъул бакътӀерхьуда бугеб лингва франкалъун. МагӀарул мухъазда авар мацӀалда буго байбихьул школазда дарсал кьей, гьоркьохъеб школалда авар мацӀалъул ва адабияталъул дарсал руго. Гьединго авар мацӀ малъула Азербайджаналда ва Дагъистаналда ругел аварал цӀикӀкӀанисел ругел школабазда. Авар мацӀ лъазе гьабулел къокъаби руго Дагъистаналъул вузаздаги.

Россиялъул империялъ кверщел гьабилалдего, магӀарул росабалъ рукӀана мадрасаби. тӀоцебесел школаби рагьана 1866 соналъ Хунзахъ, 1891 соналъ Болъихъ, 1899 соналъ Гъуниб.

Авар мацӀалда къватӀире риччала гьунарияб ва жамгӀиябгин сиясияб адабият: «хӀакъикъат», «Цолъи», «Кьоял» ва 14 мухъалъул казиятал, журналал, буго гьединго радио ва телебихьи. хӀалтӀула авар мацӀалда музыкалиябгин драматикияб театр ЦӀадаса ХӀамзатил цӀаралда бугеб (1935 соналдаса).

Авар мацӀалъул свералал

Авар мацӀалъул сверелал адабияталъул мацӀалдаса гӀемерго ратӀалъарал руго.[6] Гьел рикьула шималияб ва жанубияб тӀадкаламазде. тӀоцӀебеселде гъолъе уна салатавиялъул, хундерил ва бакъбаккул рахъалъул свералаби. кӀиабилелде гъорлъе уна гьидерил, анцухъдерил, закаталисезул, къарахъдерил, гӀандалазул, къехӀдерил ва гьочотӀисезул мацӀалъул свералаби. Гьезда гьоркъохъеб бакӀ ккола бакълъухъезул мацӀалъул свери. МацӀалъул свералабазда гьоркьоб буго фонетикалъулги, морфологиялъулги, лексикалъулги батӀалъи.

Шималияб тӀадкаламалъул мацӀалъул свералаби — бакъбаккул (Шургьиб, Хьаргаби ва Лаваши мухъалъул), нахъбакӀалъулаб (НахъбакӀ, Бакълул ва цогидалги мухъал), хундерил (Хунзахъ ва Унсоколо мухъал) — руго адабияталъул мацӀалде бищун гӀагарал (адабияталъул мацӀалъе кьучӀаб буго хундерил диалект). Гьезул дагьаб батӀалъи буго: хундерил. ва бакъбаккул свералабазда у, салатавиялъулазда о хӀалтӀизаби, п хӀарпалъул бакӀалда гь хӀалтӀизаби, цо-цо рагьарал гьаркьазда гьоркьоб рагьукъаб б тӀагӀин; хундерил диалекталда жинсиял гӀаламатал (рагӀул ахиралда ругел) гьоркьор риччай.

Къиблаяб рахъалъул тӀадкалам бикьула 6 мацӀалъул сверелалде, гьезул адабияталъул мацӀалдаса кӀудияб батӀалъиги буго.

Тарих

Авар мацӀалъул тарихалъул хӀакъалъулъ хасал гӀелмиял хӀалтӀаби гьечӀо; XVII—XVIII гӀасрабазул авар мацӀалъул хъвай-хъвагӀиялъул памятникаазул лингвистикияб рахъалъ гӀелмияб цӀех-рехги гьабун буго загӀипго. Жанисеб реконструкциялъул кумекалдалъун цебесеб (прото-) авар мацӀалъул цо-цо сипатал руго баян гьарун[7]: халатал ва къокъал латералиял абруптивиял аффрикатал данде лъей, ункъабилеб грамматикияб класс букӀин, жиндир гӀаламатлъун р- суффикс бугеб ва ц.

XVII—XIX гӀасрабазда шималияб тӀадкаламалъул аслуялда лъугьана болмацӀ — мацӀазул свералабазда гьркьоб бугеб кӀалзул калам. Гьениб аслияб роль буго хундерил диалекталъул, жиб бищун камилаблъун рикӀкӀунеб букӀараб. БолмацӀ лъугьиналъе рукӀана рагъулабгун сиясатияб ва экономикиял гӀиллаби, авар миллат цолъи, нуцаллъиялъул къуват цӀикӀкӀин.

Гьеб мацӀалда, цо-цо свералабузул сипаталги жинда гъорлъ дандчӀвалеб, хъвалел рукӀана XVII—XVIII гӀасрабазул хъвадарухъабаз ва шагӀирзабаз жидерго асарал, гьебго мацӀ хӀалтӀизабулаан XIX ва XX гӀасруялъул байбихьуда рукӀарал шагӀирзабаз, жал шималияб тӀадкаламалъул кколел рукӀарал: БакьайчӀиса ЧӀанкӀа, ХъахӀабросулъа МахӀмуд, Ругъжаса Элдарилав, МестӀерухъа НурмухӀамад, Инхоса ГӀалихӀажияв ва цогидалги. Халкъиял кӀучӀдулги, мисалалъе Хочбарил хӀакъалъул гӀадинал, хъварал руго болмацӀалда.

XX гӀасрулъул кӀиабилеб бащалъиялдаса авар адабияталъулаб мацӀ цебетӀеялъе кӀудияб хӀалтӀи гьабула ЦӀадаса ХӀамзатица. Гьеб заманалда авар мацӀалъул къамусияб гӀуцӀиги терминалогияги бечелъулеб букӀана жиндаго жаниб цӀиял рагӀаби лъугьиналдалъунги, цогидал мацӀаздаса рагӀабазул тармажа гьабиялдалъунги, семантикияб рахъалъ лъугьунел хис-басалдалъунги.

Нилъер заманалда адабияталъулаб мацӀ цебетӀеялъе кӀудияб хӀалтӀи гьабуна ХӀамзатил Расулил, ГӀалилазул Фазул ва цогидал аваразул шагӀирзабазул ва хъвадарухъабазул прозаялъ ва асараз.

Хъвай-хъвагӀи

ТӀоцебесеб авар мацӀалъ хъварал хъвай-хъвагӀаби ккола гуржи хатӀалъ хъанчазда гьарурал. XV гӀасаруялдаса байбихьула гӀараб хатӀги кьучӀалъе лъун гьабураб гӀажам алипба хӀалтӀизабизе. 1928–1938 соназда авар мацӀалъе хӀалтӀизабулаан латин алипба. 1938 соналъ гьеб алип бачана кирилицалде, ва жакъа къоялъги гьелдаго буго.

Алипба

ХӀарпЦӀарХФАХӀарпЦӀарХФАХӀарпЦӀарХФАХӀaрпЦӀарХФА
А аа[ä]И ии[i]П ппэ[p]ЦӀ цӀцӀе[t͡sʼ]
Б ббэ[b]Й ййи[j]Р рэр[r]Ч чче[t͡ʃ]
В ввэ[w]К кка[k]С сэс[s]ЧӀ чӀчӀе[t͡ʃʼ]
Г ггэ[ɡ]Къ къкъа[q͡χːʼ]Т ттэ[t]Ш шша[ʃ]
Гъ гъгъэ[ʁ]Кь кькьэ[t͡ɬːʼ]ТӀ тӀтӀэ[]Щ щща[ʃː]
Гь гьгьэ[h]КӀ кӀкӀа[]У уу[u]ъкъараб ишара[ʔ]
ГӀ гӀгӀе[ʕ]Л лэл[ɫ]/[l]Ф фэф[f]ы(къараб и)
Д ддэ[d]Лъ лъэлъ[ɬ]Х хха[χ]ь(тамахаб ишара)
Е ейе[j](ЛӀ лӀ)[t͡ɬː]Хъ хъхъа[q͡χː]Э ээ[e]
Ё ёйо[j] + [o]М мэм[m]Хь хьхьа[x]Ю юйю[j] + [u]
Ж жжэ[ʒ]Н нэн[n]ХӀ хӀхӀа[ħ]Я яйа[j] + [a]
З ззе[z]О оо[o]Ц цце[t͡s]

Аслияб авар алипбаяалда буго кинабниги 46 кириллицаялъулаб хӀарп, гьезул 33 буго гӀадатаб, ай цогидаб гӀаламат жинда цадахъ гьечӀеб хӀарп, хӀутӀараб 13 хӀарп буго жубараб, цогидаб гӀаламат цадахъ бугеб (Гъ, Гь, ГӀ, Къ, Кь, КӀ, Лъ, ЛӀ, ТӀ, Хъ, Хь, ХӀ, ЦӀ, ЧӀ). Алипбаяалъул 40 хӀарп хӀалтӀизабул авар мацӀалъул 51 гьаракь (жал рагьукъаб + в хӀарпал цадахъ лъун бихьизабулеб 21 лабиалияб гьаракь рикӀкӀинчӀого) бихьизабизе, ункъго хӀарпалъ бихьизабула [j] + рагьараб гьаракь (Е, Ё, Ю, Я), цо хӀарпалъ (Ь) гьаркь кьоларо ва хъвала гӀурус мацӀалдаса рачӀарал рагӀабазулъ, гьединго гӀицӀго гӀурус мацӀалдаса рачӀарал рагӀабазулъ хъвала Ы. Щуго рагьараб гьаракь бихьизабула А, Е/Э, И, О, У хӀарпаз. Жал хӀалтӀизарулеб кӀиго батӀияб къагӀида буго кӀиго хӀарпалъул: Е хӀарпалъ рагӀул байбихьуда ва рагьараб гьаракьалдаса хадуб бихьизабула [j]+[e], хутӀарал бакӀазда — жибго [e] гьаракь; Ъ хӀарпалъ бихьизабула [ʔ] гьаракь, гьединго хӀалтӀизабула рагӀулърагьукъаб гьаракьалдаса хадусеб рагьараб гьаракь батӀа гьабизе. Тамахаб ишара Ь хӀалтӀизабула цогидал мацӀаздасан рачӀарал рагӀабазулъ; гьелъ гӀурус мацӀалда бихьизабулеб гьаракь тамахлъи авар мацӀалда гӀечӀо.

КъвакӀарал рагьукъал гьаркьал авар мацӀалда гӀемерал рагӀабазулӀ руго, амма хъвалаго гьел киналго гаркьал кӀирекъарал хӀарпаздалъун рихьизаруларо. Гьанжесел орфографиял асасазда рекъон, рагӀулебщинаб бакӀалда хъвала Кк, кӀкӀ ва Чч ([], [kːʼ] ва [t͡ʃː] фонемаби), хутӀарал кирекъарал хӀарпал хъвала хадусел бакӀазда.

  1. кӀирекъараб лълъ хъвала релълъине ([ɬː]) рагӀиялда ва ва гьезул цогидал сигъабазулӀ.
  2. кӀирекъараб сс хъвала ссан, буссине, бессиз, руссун ва гьезул цогидал сигъабазулӀ.
  3. кӀирекъараб хх хъвала биххизе, махх, раххан, ххвел, ххине, ххезе, ххам, буххизе ва гьезул цогидал сигъбазулӀ.
  4. кӀирекъараб цц хъвала беццизе, ицц, ццин ва гьезул цогидал сигъабазулӀ.
  5. кӀирекъараб цӀцӀ хъвала бацӀцӀине, бецӀцӀизе, буцӀцӀине, цӀцӀе ва гьезул цогидал сигъабазулӀ.
  6. кӀирекъараб чӀчӀ хъвала бечӀчӀизе, чӀчӀвад, речӀчӀизе, ричӀчӀ, бичӀчӀизе ва гьезул цогидал сигъабазулӀ.

Ишарабазул табло

А аБ бВ вГ гГв гвГъ гъГъв гъвГь гьгӀ гӀД д
Дв двЕ еЁ ёЖ жЗ зЗв звИ иЙ йК кКв кв
Кк ккКкв кквКъ къКъв къвКь кьКьв кьвкӀ кӀкӀв кӀвкӀкӀв кӀкӀвЛ л
ЛӀЛъЛъвЛълъМ мН нО оП пР рС с
Св свСс ссТ ттӀ тӀУ уФ фХ хХв хвХх ххХхв ххв
Хъ хъХъв хъвХь хьХьв хьвхӀ хӀЦ цЦц цццӀ цӀцӀв цӀвцӀцӀ цӀцӀ
Ч чЧв чвЧч чччӀ чӀчӀв чӀвчӀчӀв чӀчӀвШ шЩ щЩв щвъ
ыьЭ эЮ юЯ я

Лингвистикияб сипат-сурат

Авар мацӀалъул гӀуцӀиялда руго гӀемерал рагьукъал гьаркьал, руго цӀарул классал, гӀемерал бакӀалъул игӀрабал, эргативияб конструкция.

Фонетикаялда билъараб жо буго цо ккураб гьечӀеб тӀадецуй, жиндица магӀна батӀагьабиялъул роль хӀалеб. Грамматикияб системаялда руго тарнзитивиялгун интранзитивиял фигӀлаби, такрарлъул фигӀлаби; рес буго фигӀлу-предикаталъул аналитикияб формаялда кӀилъараб норминативалъул конструкция лъугьине (мисалалъе — Инсуца хур бекьулеб буго / эмен хур бекьулев вуго); хӀаллъаялъул фигӀлабазул субъект суперлативалдалъун (локативалдалъун) бихьизаби; кӀиго контрастияб конструкция — эргативияб ва номинативияб — транзитивияб фигӀлуялъул функциаллъиялда букӀин ва ц.

Фонология

Авар мацӀалъул рагьукъал гьаркьазул система.
ЛабиалиялАльвеоляриялПалаталиялВеляриялУвуляриялФарингалиялГлотталиял
БакьулъиМацӀ. хьолбохъ рахъ
_______къвакӀарал_______къвакӀарал_______къвакӀарал_______къвакӀарал_______къвакӀарал
МагӀазухъан рахъулелmn
Лугби гъункун рахъулелзираралbdɡ
гъугъалptkʔ
абруп.kʼː
Аффрикаталгъугъалt͡st͡sːt͡ɬːt͡ʃt͡ʃːq͡χː
абруп.t͡sʼt͡sːʼt͡ɬːʼt͡ʃʼt͡ʃːʼq͡χʼ
РичӀи ккун рахъулелгъугъалsɬɬːʃʃːxχχːħ
зираралvzʒʁʕɦ
Аппроксиманталljw
Сородулелr

Рагьукъал гьаркьал

Авар мацӀалъул фонетикалъул системаялда, лабиалиял рагьукъал рикӀкӀинчӀого, буго 44 рагьукъаб гьаракъ.

Бахъулеб бакӀалде багьалун, авар мацӀалъул рагьукъал гьаркьал руго:

  1. кӀутӀбузулал: [m], [p], [b], [v]
  2. цабзазулала: [d], [t], [tʼ], [s], [sː], [z], [t͡s], [t͡sː], [t͡sʼ], [t͡sːʼ]
  3. дабзазулал: [ʃ], [ʃː], [ʒ], [t͡ʃ], [t͡ʃː], [t͡ʃʼ], [t͡ʃːʼ], [r]
  4. мацӀалъул хьолбохъ рахъалдаса рахъулел: [ɬ], [ɬː], [l], [ɫ], [t͡ɬː]
  5. мацӀалъул гьоркьохъеб бутӀаялдасан рахъулел: [j]
  6. мацӀалъул нахъисеб бутӀаялдасан рахъулел: [k], [kː], [kʼ], [kːʼ], [ɡ]
  7. тамахаб хвенехалдалъун рахъулел: [ʁ], [q͡χʼ], [χ], [χː], [q͡χː]
  8. щокъросан рахъулел: [ħ], [ʕ]
  9. мукъулукъалдасан рахъулел: [h], [ʔ]

Бахъулеб куц хӀисабалда рагъукъал рикьула 6 тӀелалде:

  1. магӀазухъан рахъулеле: [m], [n]
  2. гьаракь бахъулаго лугби цуцалъ гъункун рахъулел: [b], [p], [d], [t], [tʼ], [ɡ], [k], [kː], [kʼ], [kːʼ], [ʔ]
  3. аффрикатал: [t͡s], [t͡sː], [t͡sʼ], [t͡sːʼ], [t͡ʃ], [t͡ʃː], [t͡ʃʼ], [t͡ʃʼː], [t͡ɬː], [t͡ɬʼː], [q͡χː], [q͡χːʼ]
  4. ричӀи ккун рахъулел: [v], [z], [s], [s], [ʒ], [ʃ], [ʃ], [ɬ], [ɬ], [x], [χ], [χ], [ʁ], [ʕ], [ħ], [h]
  5. aппроксимантал: [Ӏ], [j], [w]
  6. сородулел: [r]

Гъугъал лугби гъункун рахъулел кӀутӀбузулалги дабзазул бакьулъ бакӀалъулалги рагьукъал руго аспиратиял, ай жал абулаго акустикияб гьаракь лъугьунел (хӀухьелалде тӀадецуй), амма авар мацӀалда аспирация лезгин мацӀазде данде ккун, буго загӀипаб.

Авар мацӀалда буго гьединго рагьукъал гьаркьазул лабиализацияги. Орфорафияб къагӀидаялда гьеб бихьизабула В хӀарпалъул кумекалдалъун (рагьукъаб + в). Усларица жиндирго авар мацӀалъул грамматикаялъул жузалда лабиализациялъул бакӀалда рехсон руго дифтонгал, ай кӀирекъарал рагьарал хӀарпал, амма гьенжесел лингвистаз рикӀкӀунеб буго авар мацӀалда лабиализация букӀин, гьелъие хӀужжалъунги буго авар мацӀалда жиндирго рагӀул байбихьуда киданиги кӀиго рагьукъаб гьаракь дандчӀвангутӀи. Гьединлъидал гӀемерисел рагӀабазул байбихьуда хъвалеб рагьукъаб + в кколаро кӀиго батӀаго бугеб рагьукъаб гьарклъунь, гьеб ккола цо лабиализацияб гьаракь. Авар мацӀалда лабиализатия киданиги данде чӀваларо рагӀул ахиралда; кӀутӀбузул рагьарал гьаркьазда цебе гьеб тӀагӀуна: гъветӀ — гъутӀби (гӀ. ф.).

Рагьарал гьаркьал

Авар мацӀалда буго 5 рагьараб гьаракь: [i], [u], [e], [o], [a], гьез гӀуцӀцӀула щуго бутӀаялъул лъабокӀонаб система:

БорхиКьер
ЦебесебГьоркьохъебНахъисеб
ТӀасияб[i][u]
Гьоркьохеб[e][o]
Гъоркьияб[a]

Кьабизаби

Авар мацӀалда кьабизаби буго загӀипаб эспираторияб; гӀемерисеб гьеб тӀаде ккола рагӀул тӀоцебесеб яги кӀиабилеб къотӀелалда, рагӀабазул къотӀелазул къадаралда бараб букӀунаро; фигӀлуялъул гьечӀолъиялъул формаялда кьабизаби букӀине бегьула лъабабилеб яги ункъабилеб рагӀул къотӀелалда тӀад. ГӀемерисел рагӀабазулъ кьабизби букӀуна хьвадулеб, ай рагӀул бокьараб къотӀелалде тӀаде ккезе бегьулеб: гомог — гонги́л. Кьабизабилъул хьвадиялдалъун хисула лексикияб магӀна: ра́гӀи — рагӀи́, кьабизабиялъ хисизабизе бегьула грамматикияб магӀнаги: ру́гънал (гӀ. форма) — ругъна́л (ругъун рагӀул хаслъул игӀраб), лъикӀлъи́ (цӀар) — лъи́кӀлъи (масдар).

Аслиял фонетикаял хиса-басиял

  • Аблаут (рагьарал хиси) — форма яги рагӀи лъугьунаго, рагӀи хисулаго: [i]/[u]: налъи — налъуца (эргатив); [i]/[e]: тиризе — терезе (гӀахьалаб заман); [i]/[o]: кьили — кьолоца (эргатив); [u]/[e]: тункизе — тенкезе (гӀахьалаб заман); [u]/[o]: нус — носоца (эргатив); [e]/[i]: хleтle — хӀатӀица (эргатив); [e]/[u], кету — кутул (гӀем. ф.); [e]/[o]: пер — пороца (эргатив); [e]/[a]: бече — бачица (эргатив); [o]/[i]: чохтӀо — чахтӀица (эргатив); [o]/[a]: гьоло — гьалица (акт. игӀр.); [a]/[i]: бугъа — бугъица (эргатив); [a]/[u]: хъала — хъулби (гӀем. ф.); [a]/[o]: гӀаштӀи — гӀоштӀоца (эргатив);
  • Элизия (рагьарал тӀагӀин) — рагӀи хисулаго, форма ва рагӀи лъугьунаго: бурутӀ — буртӀица (эргатив); гомог — гонгица (эргатив); гlepeтl — гӀертӀица (эргатив);
  • Ассимиляция [m] > [n] — мацӀалъул цересел ва нахъисел рагьукъазда цебе (лъугьуна рагӀи ва форма лъугьунагоги, рагӀи хисулелъубги): гъамас — гъансил (генетив); гамачӀ — ганчӀил (генетив); тамахьу — танхьил, чӀимих — чӀинхал (гӀем. ф.); цо-цо мехалъ гьел гьаркьал хисичӀого хутӀула: ханжар — хонжроца (эргатив);
  • Диссимиляция [n] > [m] ([r] гьаракьалда хадуб): гъаран — гъармил (генетив); чаран — чармил (генетив);
  • Метатеза лъугьуна диссимиляциялъул аслуялда лабиалияб гьаракьалдаги соноранталдаги гьоркьоб бугеб рагьараб тӀагӀун ва гьеб кӀиябго рагьукъалъ тартибияб бакӀ хисун (лабиалияб + сонорияб > сонорияб + лабиалияб): габур — гарбал (гӀем. ф.); хабар — харбил (генетив); тӀамур — тӀармил (генетив); цӀибил — цӀолбол (генетив);
  • [n], [m], [d], [t] рагьукъал гьаркьал тӀагӀин (рагӀи хисулаго, форма ва рагӀи лъугьунаго): рехъен — рехъаби (гӀем. ф.); бусен — бусадул (генетив); хӀалтӀухъан — хӀалтӀухъаби (гӀем. ф.); лъим — лъел (генетив), лъадаца (акт. пад.); гlaтlид (тӀадрагӀи) — гӀатӀилъи (цӀар); къебед — къебелъи ; щулат (тӀадрагӀи) — щулалъи (цӀар);
  • Сингармонизм (ахиралда бугеб рагьараб кьибилалда бугеб рагьаралда релъин): къили — къолоца (эргатив); кечӀ — кочӀоца (эргатив); цер — цараца (эргатив);
  • Эпентезис, яги аслуялда тӀаде рагӀул къотӀел яги гьаракь бачӀин (рагӀи хисулаго): рахь — рахь-да-ца (эргатив); моцӀ — моцӀ-ро-ца (эргатив); бер — бер-зу-ца (эргатив); оц — оц-о-ца (эргатив); АхӀмад — АхӀмад-и-ца (эргатив);
  • Лабиализация: свак, ххвел, гвенд, квер, хъвазе, кквезе;
  • Делабиализация (рагӀул форма ва рагӀи лъугьунаго): кlветl — кӀутӀби (гӀем. ф.); гъветӀ — гъутӀби (гӀем. ф.), гъотӀоца (эргатив).

Авар мацӀалъул жиндирго рагӀабазул байбихьуда киданиги букӀунаро кӀиго рагьукъаб гьаракь цадахъ, лъабго яги гьелдаса цӀикӀкӀун рагьукъал рагӀул ахиралдаги рукӀунаро (къанагӀатал гьоркьоса рахъиял — н-C тайпаялъул комплексал: тӀонтӀро, жинжра, къункъра). РагӀуда жаниб лъабго рагьукъаб букӀуна кӀиго морфема цураб бакӀалда яги редукция лъугьараб бакӀалда: данд-базе, ханжар — хунжрул (гӀ. ф.).

Морфонология

Авар мацӀалда буго анкьго рагӀул къотӀелалъул тайпа, гьезул кӀиго ккола рагьараб (V), хутӀараб щуго — къараб (C). Рагьараб рагӀул къотӀел ккола ахиралда рагьараб хӀарп бугеб; гьеб гӀуцӀун букӀуна цо рагьаралдаса (Р): а (ине глаголалъул тӀалабияб наклонение), у; рагьукъабги рагьаралдасаги (КъР): къо, кьо. Къараб рагӀул къотӀел гуцӀун букӀуна: рагьараб ва рагьукъаб (РКъ) — ах, их, иц; рагьукъаб, рагьараб ва кӀиго рагьукъаб (КъРКъКъ) — гӀемерисеб ахиралда бугеб рагьукъазул цояблъун букӀуна сонорияб м, н, л, р яги й — къверкъ, пинкь; рагьукъаб, рагьукъаб, рагьараб, рагьукъаб (КъКъРКъ) — стаж, стол. ТӀоцебесеб ункъго тайпа буго бищун гӀемер дандчӀвалеб.

РагӀул кьибилалъул тайпаби:

  1. цожубараб аслу C(w)V: къо, чу, цӀа, ца, цӀцӀва, чи, кьо, ци ва ц.;
  2. цожубараб аслу C(w)VC: махх, лагъ, нугӀ, ригь, рукъ, хур, лълъим, бис, бер, кӀул, чӀетӀ, чан, кӀветӀ, гел, тӀегь, рос, гохӀ, агӀ, ах , оц, ицц, их ва ц.;
  3. цожубараб аслу VRC: анкь, ирс ва ц.;
  4. цожубараб аслу C(w)VRC: тӀинчӀ, хӀинчӀ, гӀанкӀ, гӀоркь, къарз, гвенд, гарцӀ ва ц.;
  5. кӀижубараб аслу VCV: ада, угьи, уба ва ц.;
  6. кӀижубараб аслу VCСV: урба, ургу, амру, аслу ва ц.;
  7. кӀижубараб аслуC(w)VCV: гӀари, гьобо, гъеду, кету, лъади, дару, рагӀи ва ц.;
  8. кӀижубараб аслу VCVС: агъаз, асар, эмен, эбел, адаб, ахир, авал ва ц.;
  9. кӀижубараб аслу VCСVC: адрес, азбар, айгъир, аскар, авлахъ, амбар, аргъан, ахӀмакъ, илбис ва ц.; (гьаб тайпаялде гъорлъе ккола цоги мацӀаздаса рачӀарал рагӀаби);
  10. кӀижубараб аслу C(w)VRC(в)V: тӀанса, гӀанса, квартӀа, гъванща, гвангва, ханжу, торгӀо, гордо ва ц. Гьединго интервокалиял комплексал, тӀоцебесеб хъуй бугеб рагьукъаб бугеб: дагӀба, кӀуштӀа, гӀаштӀи, гӀузру, мусру, сихӀру (гьаб конструкциялда руго аслияб къагӀидаялда цогидал мацӀаздасан рачӀарал рагӀарал рагӀаби);
  11. кӀижубараб аслу C(w)VCVC: гамачӀ, чапар, гьудул, гӀалим, лъимер, гудур, рехъен, рукӀел ва ц.;
  12. кӀижубараб аслу C(w)VRCVC: хвалчен, ханжар, гьалмагъ, салмаг, сандукӀ, саргъас, баргъич ва ц. Гьединго интервокалиял комплексал, тӀоцебесеб хъуй бугеб рагьукъаб бугеб (цогидал мацӀаздасан рачӀарал рагӀаби): хашхаш, гӀужрукъ, гужгат, сухъмахъ, сухӀмат ва ц.;
  13. кӀижубараб аслу CVCVRC: туманкӀ;
  14. лъабжубараб аслу VCCVCV: аздагьо;
  15. лъабжубараб аслу (C)VCVCV: можоро, сумало, габани, гъадаро, гьереси, катӀари, гӀарада ва ц.;
  16. лъабжубараб аслу (C)VCVRCV, (C)VRCVCV: итаркӀо, гвангвара, гӀанхвара, газаргъо ва ц.;
  17. лъабжубараб аслу (C)VCVCVC: аманат, апараг, жанавар, апараг, годекӀан, малаик ва ц.
  18. лъабжубараб аслу (C)VСCVCVC: ахбазан;

Цогияздаса лъугьунарел фигӀлуялъул аслуял: V (ине), CV (кке-зе), CVC (лъу-гьи-не; гьанирго рачӀуна бабихьуда жинсиял гӀаламатал ругел фигӀлабиги: в-ачӀ-ине), CVRC (гьурщ-изе)[8].

Морфология

Авар мацӀ ккола аглютинантияб мацӀ, жинда гъорлъ дагьабго формантаздалъун рагӀи хиси ва аналитизм (хадурегӀелал ва кумакалъул фигӀлаби) бугеб[9]. Авар мацӀалъул каламалъул бутӀаби рикьула кӀиде — жалго жидедаго чӀараздеги кумекалъулаздеги. Жалго жидедаго чӀаразде гъолъе уна: цӀар, сифат, цӀарубакӀ, рикӀкӀен, фигӀлу ва тӀадрагӀи.

ЦӀаралъул буго 3 жинс (чиясул, чӀужуялъул, гьоркьохъеб), цолъул ва гӀемерлъул форма, лъабго свери. Сифатазул буго лъабго жинс, цоялъул ва гӀемерлъул форма, игӀрабазде рекъон свери. ЦӀарубакӀал ва рикӀкӀенал ратӀагьарула цӀарулал бутӀазбаздаса семантикиял хаслъабаздалъун. ФигӀлуялъул буго заман, хисизаби[9], транзитивлъи, руго фигӀлаби жинсиял ва жинсиял гурел, гӀадатал ва журарал; фигӀлуялъул хасал формабилъун рикӀкӀуна инфинитив, масдар, сифат-фигӀлу ва конверб. ТӀадрагӀи, жиндир формаялъ къокъаб сипатал релълъараб букӀаниги, батӀа гьабула гьелдаса синтаксиял функцияздалъун. Синтаксияб позициялъ батӀа гьабула гьединго бакӀалъул тӀадрагӀабиги хадурегӀелалги. Авар мацӀалъул, ва гьединго моариязул мацӀалъул тӀадрагӀабазул буго, жиб тӀокӀаб цониги мацӀалда гьечӀеб, данде ккезабиялъул суффиксал[10], жидер кумекалдалъун тӀадрагӀи жинсияб рахъалъ цӀаргун данде кколеб (мисалалъе: хадув, хадуй, хадуб, хадур).

Кумакалъулал каламалъул бутӀабазде гъорлъе уна: дандраял, бутӀаби, хадурегӀелал, гьоркьоберех. Гьезул грамматикияб форма букӀаниги, лексикияб магӀна букӀунаро ва гьел жумлаялъул гӀахьалал бутӀабилъун кколаро. Гьезул иш буго рагӀабазул гьоркьолъи, бухьен, гьезда гьоркьоб бугеб сипат-хӀал баян гьабун бихьизаби.

цӀар

цӀар ккола жиндир грамматикияб формаги бугеб, сундул букӀаниги магӀнаги бичӀчӀизабулеб каламалъул бутӀалъун. Авар мацӀалда, магӀнаялде балагьун, цӀарал щив? щий? щиб? щал? абурал суалазе жаваблъун рачӀуна; цӀаралъе сифаталдалъун гьабизе бегьула сипат-сурат.

цӀаралъул руго хадусел грамматикиял гӀаламатал:

  1. Хассалги гӀаммалги рукӀин. Хасал цӀаразде гъорлъе ккола гӀадамазда (хасго), хӀайваназда, бакӀазда лъурал цӀарал: МухӀамад, гӀали, Москва. гӀаммал цӀаразде гъорлъе уна хутӀаралщинал: лъар, бетӀер, зоб, ракь, мегӀер;
  2. Цолъул ва гӀемерлъул форма букӀин: бетӀер — бутӀрул, ракь — ракьал, мегӀер — мугӀрул;
  3. Чиясул, чӀужуялъул ва гьоркьохъеб жинс букӀин. Авар мацӀалда рагӀаби жинсазде рикьула гьел щив? щий? щиб? абурал суалазда рекъон: чиясул жинс (щив?) — вас, эмен, вац; чӀужуялъул жинс (щий?) — яс, эбел, яц; гьоркьохъеб жинс (щиб?) — хӀалтӀи, ракь, гӀор.
  4. ИгӀрабазда рекъон свери: вац — вацас — вацас ва гь. ц.

Классалъул (жинсалъул) категория

Авар мацӀалъул цӀарал рикьула лъабго классалде. I классалде гъорлъе ккола бихьинчиясда хурхарал цӀарал, цолъул формаялда гьеб класс бихбизабулеб гӀаламатлъун ккола В ([w]): бихьинчи, эмен, вас, вац, устар ва ц. II классалде гъорлъе уна чӀужугӀаданалда хурхарал цӀарал, цолъул формаялда гьеб класс бихбизабулеб гӀаламатлъун ккола Й ([j]): чӀужугӀадан, лъади, эбел, яс, яц ва ц. ХутӀарал цӀарал, чӀагоял рукӀа, чӀагоял гурел рукӀа, гъорлъе уна III классалде, класс бихьизабулеб гӀаламат — Б ([b]). ГӀемерлъул форма бихьизабулеб гӀалматлъун ккола Р/Л.

Жинсиял гӀаламатал
КлассЖинсЦолъул формаМисалГӀемерлъул формаМисал
Iчиясулввас вачӀанар/лвасал рачӀана
IIчӀужуялъулйяс ячӀанаясал рачӀана
IIIгьоркьохъеббчу бачӀаначуял рачӀана

ГӀемерлъул формаялъул категория

Авар мацӀалда цӀаразул буго цолъул ва гӀемерлъул формаби. Руго цӀарал, жал гӀицӀго цолъул формаялда гурони рукӀунарел, гьезде гъорлъе уна абстрактивиял цӀарал (рокьи, яхӀ ва ц.), бищун цересел гӀааразул цӀарал (дада, баба, даци, ада), гӀемерисел хасал цӀарал ва цадахълъи бичӀчӀизабулел цӀарал (ярагъ, чехь-бакь ва ц.).

Руго цо-цо pluralia tantum рагӀаби: кагътал (хӀай, цолъул формаялда кагъат — жинда тӀад хъвадаризе хӀалтӀизабулеб жо), цӀороберал, цӀадираби. Гьабго тӀелалде гъорлъе рачине бегьула рос-лъади, эбел-эмен гӀадал рагӀабиги. Гьенирго руго батӀи-батӀиял росабазул гӀадамазде абулел цӀаралги, щай гурелъул гьезул корреляталлъун цолъул формаялда рукӀуна адъективал, жал топонимаздаса лъугьарал[11] (балагье Авар росабазул гӀадамазда абулел цӀарал).

Цо-цо цӀаразул цолъул формаялъул рукӀине бегьула цадахълъиялъул магӀнаги: гамачӀ — цо яги гӀемерал цадахъ, материал хӀисабалда.

Авар мацӀалда гӀемерлъул форма лъугьунел суффиксал рикьизе бегьула кӀиго тӀелалде:

  • Продуктивиял:
    • -аби[12] (ахиралда рагьарал ва суффиксалиял , ругел, ахирисеб рагьараб [+н] тӀагӀуна): дару — дар-аби, рагӀи — рагӀ-аби, хӀалтӀухъан — хӀалтӀухъ-аби;
    • -заби — гӀадамазда хурхарал цӀаразулъ: чапар — чапар-заби, гӀалим — гӀалим-заби, гьудул — гьудл-заби;
    • -ал — рагьукъаб ахиралда ругел рагӀабазулъ: бис — бис-ал, бер — бер-ал, кӀул — кӀулал; авар мацӀалъул жиндирго журарал аслу бугел рагӀабазулъ (тӀадецуй бугеб суффиксалъулъ) аслуялъул кӀиабилеб рагьаралъул лъугьуна редукция: гудур — гудр-ал, лъимер — лъим-ал, лъим — лъин-ал; къанагӀат суффикс -ал дандчӀвала ахиралда рагьараб бугеб битӀараб аслуялъулъ, жиндие гӀемерлъул формаялда редукция лъугьунеб: гьобо — гьабал; гӀурус мацӀалдаса рачӀарал рагӀабазулъ суффикс ккола тӀадецуй гьечӀеб ва редукция лъугьунаро: трактор — трактор-ал;
    • -ял — цожубараб CV аслу бугел рагӀабазулъ: къо — къо-ял, цӀа — цӀа-ял, чу — чу-ял, амма ца — ца-би, цӀва — цӀва-би, чӀва — чӀва-би;
  • Продуктивиял гурел:
    • -зал (цожубарал рагӀабазулъ): лагъ — лагъ-зал, нугӀ — нугӀ-зал, хур — хур-зал;
    • -дул, -ул (аслуялъул вокализм хисула V > у): гъадаро — гъудр-ул, кету — кут-ул, тӀегь — тӀугь-дул;
    • (аслу хисиялъул низам гьечӀел): тӀинчӀ — тӀанчӀ-и, хӀинчӀ — хӀанчӀ-и, гӀака — гӀач-и; гьабго цоцаца хиси хутӀула цо-цо жубараб аслу бугел рагӀабазулъ, жидер кӀиабилеб бутӀалъун -чи компонент бугел: захӀмат-чи — захӀмат-чагӀи, гӀолохъан-чи — гӀолохъ-аби;
    • -би (аслуялъул вокализм хисула V > у): кӀветӀ — кӀутӀ-би, гӀанса — гӀунсби, квартӀа — куртӀ-би.

ГӀемерлъул форма лъугьунеб супплетивияб къагӀида бихьизабун буго чӀужу — руччаби параялда. Гьединго дандчӀвала цо-цо рагӀабазул гӀемерлъул форма лъугьунеб кӀи-кӀи къагӀидабиги: хабар — хар-бал/хабарал, кету — кут-ул/кат-ал, хоб — хобал/хабал/хабзал ва ц. Гьениб параллелияб формабазул цояблъун ккола ударение гьечӀеб суффикс -ал, жинца цо ккураб къадар бихьизабулеб, гьебго заманалда гьелъул корелляталъ бихьизабула къадар гьечӀеб букӀин: дагьалго рукъал — гӀемарал рукъзал[13]. Цо-цо нухалда плюралисалъул батӀи-батӀияб формация гьабиялдалъун лексикияб магӀна хисула. Жибго гӀемерлъул формаялъул категория гуребги, авар мацӀалда буго дистрибутивияб гӀемерлъи бихьизабиялъул къагӀидаги (цӀарул аслу такрарлъиялдалъун): рокъо-рокъоре, рахъ-рахъалде.

ХӀалаталъул категория

ГӀадатал

Авар мацӀалда кинабниги буго 24 хӀалат, гьезул ункъго ккола гӀадатаблъун, хутӀараб 20 — бакӀалъул. ГӀадатал хӀалатазде гъорлӀе уна аслияб, жиб цӀаралъул битӀараб аслулъун кколеб, актив, хаслъул ва кьовул хӀалатал, жал хъвалсараб аслуялдаса лӀугьунел.

ХӀалатСуалСуффиксалхӀалтӀизабула
Аслияб хӀалат

(номинатив/абсолюютив)

щив? щий? щиб? щал?
  • унгутӀияб (транзитивияб-гуреб) фигӀлуялъул субъект бихьизабизе: жакъа цӀад бана;
  • аналитикиял континуалиял формабазда транзитивиял фигӀлабазул субъект бихьизабизе (номинативияб конструкция): бацӀги церги давла бикьулел рукӀана[14];
  • транзитивияб фигӀлуялъул пациенс (битӀараб тӀадежубай) бихьизабизе: васас кагъат хъвана; гьабго модель хутӀула гьединго лугбузул багъа-бачари бихьизабулел фигӀлаби ругел жумлабаздаги: Дица, бералги къанщун, бетӀер гьанкӀезабуна;
  • жубараб предикаталъул цӀарулаб бутӀаялда -лъун бутӀагун цадахъ: гьурилъун роржун ана сонал.
  • хитӀаб гьабиялда;
  • аппозитивиял конструкциязда, гӀемерисеб гӀагарлъиялда хурхарал терминазда, хӀалтӀи-пишаялъул цӀаразда, топонимазда ва ц.: дирго вац МухӀамадкамил; гьанибго бегьула аслияб хӀалат батӀи-батӀиял дандраязда цадахъ букӀинеги: Щибаб кечӀ тӀаде вачӀунев гьобол гӀадин букӀуна;
  • бутӀрул хъваялда, суратазда гъоркьваязда, къамусияб ва абулеб форма хӀисабалда.
Актив хӀалат

(эргатив)

лъица? сунца?-с/-лъ/-ца
  • транзитивияб фигӀлуялъул агенс бихьизабизе (эргативияб конструкция): Ханас гьесухъе чи витӀанила;
  • инструменталияб тӀадежубайлъун: васас къалмица сурат бахъана;
  • иш лъугунеб куцалъул хӀаллъун: дунго матӀуялъ вихьана;
  • заманалъул хӀаллъун: гьеб къоялъ ниж дандчӀвана;
  • бакӀалъул ва гӀилла-мурадалъул хӀаллъун: гӀемер хъвадариялъ килщал унтула.
Хаслъул хӀалат

(генетив)

лъил? сундул?-(у)л
  • щиб букӀанги сундуе букӀанги кколеб букӀин бихьизабизе: инсул рукъ, тӀехьалъул жилд, гьоболасул чу;
  • киналдасаго бутӀа бихьизабизе: гӀадамасул берал, кочӀол рагӀаби, нусалъул бал;
  • щиб букӀаниги кинаб букӀаниги материалалъул гьабураб букӀин бихьизабизе: меседил баргъич, щагӀил гъадаро, цӀулал гъуд;
  • гӀемерлъиялдаса цо элемент бихьизабизе: рекӀаразул цевехъан;
  • субъекталъул иш/хӀал бихьизабизе: гӀалимзабазул бахӀс, бетӀералъул унти, рекӀел кьаби; шартӀияб къагӀидаялъ гьанибго бачине бегьула субъект — ишалъул хӀасил бихьизабиги[15]: моцӀрол канлъи, зурма-къолол гьаракь;
  • гӀуцӀулеб элементалъул къадар бихьизабизе: лъел гӀеретӀ, ханждал хъап, тӀорщалил роцен;
  • группаялъул гӀуцӀи бихьизабизе: тӀогьол квацӀи, ясазул тӀел, боцӀул рехьед;
  • гӀаммаб баянлъиялъул гьоркьолъи бихьизабизе: рокьул гӀаламат, эркенлъиялъул бакънал, лъикӀаб тайпаялъул айгъир;
  • заманалъул гьоркьолъи бихьизабизе: роол гӀуж, хасалил сордо, ихдалил заман;
  • бакӀалъул гьоркьолъи бихьизабизе: авлахъалъул тӀугьдул, росдал гӀадамал;
  • гӀаламатазул ва гьел тӀаде кколезул гьоркьолъи бихьизабизе: мугӀрузул борхалъи, гӀадамасул чӀухӀи, халичабазул гьайбатлъи;
  • сундуе букӀаниги щиб букӀаниги жо хӀалтӀизаби: чол тӀикъва, оцазул рукь;
  • тӀаде цӀаялъулаб конструкциялъул субъект бихьизабизе: Гьав ханасул йикӀанила цӀакъ берцинай цо яс;
  • цо-цо фигӀлабигун хъвалсараб тӀадежубай хӀисабалда: Киназго жиде-жидер поэзи-ялъул, халкъазул бицана.
Кьовул хӀалат (датив)лъие? сундуе?-е
  • цӀаралъ гьабулеб иш цогиялдехун буссараб букӀин бихьизабизе: дица васасе кумек гьабуна;
  • бокьизе фигӀлуялда субъект бихьизабизе: дие мун йокьула;
  • цогидал предикалгун цадахъги: Цо замандаласан бацӀи-е-ги цара-е-ги кӀи-кӀи тӀинчӀ гьабун буго.
БакӀалъулал

БакӀалъул хӀалатаз рихьизарула меслъиялъул, иналъул, багъариялъул ва цогидал магӀнаби. Рикьула хадусел тӀелазде:

  • локатив яги чӀовул хӀалатал (суффикс ) жидеца бугеб бакӀ бихьизабулел, цо хӀалалда сасиналъул, чӀеялъул магӀна бичӀизабулел;
  • аллатив яги рачӀул хӀалатал (суффикс ), жидеца кибехун букӀаниги рачӀин/ин бихьизабулел (букӀине бегьула -хун бутӀагун);
  • аблатив яги ратӀалъул (суффикс -са), жидеца сундаса букӀаниги киса букӀаниги батӀалъун ин бихьизабулел;
  • транслатив (суффикс ), жинца сунда жанисаниги ин бичӀчӀизабулеб.

Локализациялъул суффиксазде балагьун, хӀалатазул щибаб тӀелги бикьула щу-щу сериязде:

ХӀалатСерия/хӀалатСуалСуффиксал
ЛокативI/жинда хӀалатлъида? сунда?-да/--тӀа
II/жиндихъ хӀалатлъихъ? сундухъ?-хъ
III/жиндилъ хӀалатлъилъ? сундулъ?-лӀ
IV/жиндикь хӀалатлъикь? сундукь?-кь
V/жаниб хӀалаткиб?-в/-й/-б/-р
АллативI/жинде хӀалатлъиде? сунде?-д-е
II/жиндихъе хӀалатлъихъе? сундухъе?-хъ-е
III/жиндилъе хӀалатлъилъе? сундулъе?-лӀ-е
IV/жиндикье хӀалатлъикье? сундукье?-кь-е
V/жанибе хӀалаткибе?-в-е/-й-е/-б-е/-р-е
АблативI/жиндаса хӀалатлъидаса? сундаса?-д-а-са
II/жиндихъа хӀалатлъихъа? сундухъа?-хъ-а
III/жиндилъа хӀалатлъилъа? сундулъа?-лӀ-а
IV/жиндикьа хӀалатлъикьа? сундукьа?-кь-а
V/жаниса хӀалаткиса?-са
ТранслативI/жиндасан хӀалатлъидасан? сундасан?-д-а-сан
II/жиндихъан хӀалатлъихъан? сундухъан?-хъ-ан
III/жиндилъан хӀалатлъилъан? сундулъан?-лӀ-ан
IV/жиндикьан хӀалатлъикьан? сундукьа(н)?-кь-ан
V/жанисан хӀалаткисан?-сан

БакӀалъул хӀалтал сериязде балагьун, хӀалтӀизарула:

  • I серия — щиб букӀаниги лъиде/сунде букӀнии данде ккун тӀадехун букӀин (локатив), тадехун ин/бачӀин (аллатив), тасӀа ин/бачӀин (аблатив), тӀасан ин/бачӀин (транслатив) бичӀчӀизабизе;
  • III серия — щиб букӀаниги лъида/сунда букӀаниги гӀагарлъухъ букӀин (локатив), гӀагарлъухъе ин/бачӀин (аллатив), гӀагарлъухъа ин/бачӀин (аблатив), гӀагарлъухъан ин/бачӀин (транслатив) бичӀчӀизабизе;
  • III серия — щиб букӀаниги лъида/сунда букӀаниги гъорлъ букӀин (локатив), гъорлъе ин/бачӀин (аллатив), гъорлъа ин/бачӀин (аблатив), гъорлъан ин/бачӀин (транслатив) бичӀчӀизбизе;
  • IV серия — щиб букӀаниги лъида/сунда букӀаниги гъоркь букӀин (локатив), гъоркье ин/бачӀин (аллатив), гъоркьа ин/бачӀин (аблатив), гьоркьан ин/бачӀин (транслатив) бичӀчӀизабизе;
  • V серия — щиб букӀаниги сунда букӀаниги жаниб букӀин (локатив), жинибе ин/бачӀин (аллатив), жаниса ин/бачӀин (аблатив), жанисан ин/бачӀин (транслатив) бичӀчӀизабизе;

Гьел хӀалатазул гьединго хӀалтӀизарула бакӀазул магӀнаялда гуребги, цогидаб магӀнаялдаги. Бищун гӀемер хӀалтӀизабулеб I сериялъул локатив:

  • рекӀее асар лӀугьиналъул фигӀлабигун субъект бихьизабизе: васасда гьеб бичӀчӀана, дида кинабго жо кӀочон тана;
  • адресатияб ва цогидал тӀадежубаял рихьизаризе: АбутӀалибица авар мацӀалда дие жиндирго цӀияб кечӀ цӀалана;
  • физикияб асар гьабиялъул фигӀлабазул объект гьабизе: дос таманча речӀана долда;
  • дандекквеялъул объект лӀугьинабизе: гьев вукӀана вацасдаса къуватав вуго.

ЦӀаралъул свери

Авар мацӀалъул цӀарал, жидер актив игӀрабалда букӀунеб ахиралде балагьун, рикьула лъабго свериялде; I свериялъул ахиралда букӀуна -с, II свериялъул — -лъ, III свериялъул — -ца.

тӀоцебесеб свериялда рекъон рачӀуна гӀемерисел чиясул жинсалъул гӀаммал цӀарал, чиясул жинсалъул жидер ахиралда жинсияб гӀаламат бугел хасал цӀарал (-ав ахиралда ругел авар хъизан-цӀаралги), гьединго -ов, -ев ахирал ругел фамилиялги[16], .

чи, вац, Хириясулав, ГӀумаров
ИгӀрабЦолъул форма
АслиябчивацХириясулавГӀумаров
Активчи-ясвац-асХириясул-асГӀумаров-ас
Хаслъулчи-яс-улвац-ас-улХириясул-ас-улГӀумаров-ас-ул
Кьовулчи-яс-евац-ас-еХириясул-ас-еГӀумаров-ас-е
ЧӀовул

(локатив)

жинда игӀрабчи-яс-давас-ас-даХириясул-ас-даГӀумаров-ас-да
жиндихъ игӀрабчи-яс-ухъвац-ас-ухъХириясул-ас-ухъГӀумаров-ас-ухъ
жиндилъ игӀрабчи-яс-улъвац-ас-улъХириясул-ас-улъГӀумаров-ас-улъ
жиндикь игӀрабчи-яс-укьвац-ас-укьХириясул-ас-укьГӀумаров-ас-укь
жаниб игӀраб
РачӀул

(аллатив)

жинде игӀрабчи-яс-девац-ас-деХириясул-ас-деГӀумаров-ас-де
жиндихъе игӀрабчи-яс-ухъевац-ас-ухъеХириясул-ас-ухъеГӀумаров-ас-ухъе
жиндилъе игӀрабчи-яс-улъевац-ас-улъеХириясул-ас-улъеГӀумаров-ас-улъе
жиндикье игӀрабчи-яс-укьевац-ас-укьеХириясул-ас-укьеГӀумаров-ас-укье
жанибе игӀраб
РатӀалъул

(аблатив/транслатив)

жиндаса(н) игӀрабчи-яс-даса(н)вац-ас-даса(н)Хириясул-ас-даса(н)ГӀумаров-ас-даса(н)
жиндихъа(н) игӀрабчи-яс-ухъа(н)вац-ас-ухъа(н)Хириясул-ас-ухъа(н)ГӀумаров-ас-ухъа(н)
жиндилъа(н) игӀрабчи-яс-улъа(н)вац-ас-улъа(н)Хириясул-ас-улъа(н)ГӀумаров-ас-улъа(н)
жиндикьа(н) игӀрабчи-яс-укьа(н)вац-ас-укьа(н)Хириясул-ас-укьа(н)ГӀумаров-ас-укьа(н)
жаниса(н) игӀраб

кӀиабиле свериялда рекъон рачӀуна чӀужуялъул жинсалъул гӀаммал цӀарал ва цо-цо, жидер ахиралда жинсияб гӀаламат бугел, хасал цӀарал, гьоркъохъеб жинсалъул лъикӀаланго гӀаммал ва хасал цӀарал[16]. Аслияб игӀрабалда -ия, -ие абурал ахираздалъун лъугӀулел батӀиял мацӀаздаса рачӀарал цӀарал игӀрабазде сверулаго, ахирияб / гьаракь гьоркьоса тӀагӀуна, амма руго гьоркьосарахъиялги, мисалалъе, школа, аптека гӀадал рагӀаби

чӀужу, яц, рукъ, хӀули
ИгӀрабЦолъул форма
чӀужуялъул жинсгьоркьохъеб жинс
АслиябчӀужуяцрукъхӀули
АктивчӀужу-ялъяц-алърукъ-алъхӀули-ялъ
ХаслъулчӀужу-ялъ-уляц-алъ-улрукъ-алъ-улхӀули-ялъ-ул
КьовулчӀужу-ялъ-еяц-алъ-ерукъ-алъ-ехӀули-ялъ-е
ЧӀовул

(локатив)

жинда игӀрабчӀужу-ял-даяц-ал-дарукъ-ал-дахӀули-ял-да
жиндихъ игӀрабчӀужу-ялъ-ухъяц-алъ-ухърукъ-алъ-ухъхӀули-ялъ-ухъ
жиндилъ игӀрабчӀужу-ялъ-улъяц-алъ-улърукъ-алъ-улъхӀули-ялъ-улъ
жиндикь игӀрабчӀужу-ялъ-укьяц-алъ-укьрукъ-алъ-укьхӀули-ялъ-укь
жаниб игӀрабрукъ-алъ-уб(в/й/р)
РачӀул

(аллатив)

жинде игӀрабчӀужу-ял-деяц-ал-дерукъ-ал-дехӀули-ял-де
жиндихъе игӀрабчӀужу-ялъ-ухъеяц-алъ-ухъерукъ-алъ-ухъехӀули-ялъ-ухъе
жиндилъе игӀрабчӀужу-ялъ-улъеяц-алъ-улъерукъ-алъ-улъехӀули-ялъ-улъе
жиндикье игӀрабчӀужу-ялъ-укьеяц-алъ-укьерукъ-алъ-укьехӀули-ялъ-укье
жанибе игӀрабрукъ-алъ-убе
РатӀалъул

(аблатив/транслатив)

жиндаса(н) игӀрабчӀужу-ял-даса(н)яц-ал-даса(н)рукъ-ал-даса(н)хӀули-ял-даса(н)
жиндихъа(н) игӀрабчӀужу-ялъ-ухъа(н)яц-алъ-ухъа(н)рукъ-алъ-ухъа(н)хӀули-ялъ-ухъа(н)
жиндилъа(н) игӀрабчӀужу-ялъ-улъа(н)яц-алъ-улъа(н)рукъ-алъ-улъа(н)хӀули-ялъ-улъа(н)
жиндикьа(н) игӀрабчӀужу-ялъ-укьа(н)яц-алъ-укьа(н)рукъ-алъ-укьа(н)хӀули-ялъ-укьа(н)
жаниса(н) игӀрабрукъ-алъ-уса(н)

Лъабабилеб свериялда рекъон сверула чиясул ва чӀужуялъул жинсалъулги хасал цӀарал, гьоркьохъеб жинсалъул гӀезагӀанго цӀарал. Лъабабилеб свериялда рекъон рачӀунел гьоркьохъеб жинсалъул рагӀабазул кьибилалъулъ лъугьуна флексия: ракӀ — рекӀе-ца, цо-цо рагӀабазул актив игӀрабалда бачӀине бегьула, гӀурус мацӀалдаса рачӀарал рагӀабазул ахиралдаса тамахаб ишара тӀагӀуна[16].

МухӀамадкамил, ПатӀимат, ракӀ, рахь
ИгӀрабЦолъул формаГӀемерлъул форма
чиясул жинсчӀужуялъул жинсгьоркьохъеб жинс
АслиябМухӀамадкамилПатӀиматракӀрахь
АктивМухӀамадкамили-цаПатӀимати-царекӀе-царахьда-ца
ХаслъулМухӀамадкамили-лПатӀимати-лрекӀе-лрахьда-л
КьовулМухӀамадкамили-еПатӀимати-ерекӀе-ерахьда-е
ЧӀовул

(локатив)

жинда игӀрабМухӀамадкамили-даПатӀимати-дарекӀе-дарахьда-да
жиндихъ игӀрабМухӀамадкамили-хъПатӀимати-хърекӀе-хърахьда-хъ
жиндилъ игӀрабМухӀамадкамили-лъПатӀимати-лърекӀе-лърахьда-лъ
жиндикь игӀрабМухӀамадкамили-кьПатӀимати-кьрекӀе-кьрахьда-кь
жаниб игӀраб
РачӀул

(аллатив)

жинде игӀрабМухӀамадкамили-деПатӀимати-дерекӀе-дерахьда-де
жиндихъе игӀрабМухӀамадкамили-хъеПатӀимати-хъерекӀе-хъерахьда-хъе
жиндилъе игӀрабМухӀамадкамили-лъеПатӀимати-лъерекӀе-лъерахьда-лъе
жиндикье игӀрабМухӀамадкамили-кьеПатӀимати-кьерекӀе-кьерахьда-кье
жанибе игӀраб
РатӀалъул

(аблатив/транслатив)

жиндаса(н) игӀрабМухӀамадкамили-даса(н)ПатӀимати-даса(н)рекӀе-даса(н)рахьда-даса(н)
жиндихъа(н) игӀрабМухӀамадкамили-хъа(н)ПатӀимати-хъа(н)рекӀе-хъа(н)рахьда-хъа(н)
жиндилъа(н) игӀрабМухӀамадкамили-лъа(н)ПатӀимати-лъа(н)рекӀе-лъа(н)рахьда-лъа(н)
жиндикьа(н) игӀрабМухӀамадкамили-кьа(н)ПатӀимати-кьа(н)рекӀе-кьа(н)рахьда-кьа(н)
жаниса(н) игӀраб

ГӀемерлъул формаялда ругел цӀарал игӀрабазде свери.

вацал, яцал, рукъзал, ракӀал
ИгӀрабГӀемерлъул форма форма
I свери

ч. ж.

II свери

чӀ. ж.

II свери

гь. ж.

III свери

гь. ж.

АслиябвацаляцалрукъзалракӀал
Активвац-азяц-азрукъзаб-азракӀ-аз
Хаслъулвац-аз-уляц-аз-улрукъзаб-аз-улракӀ-аз-ул
Кьовулвац-аз-еяц-аз-ерукъзаб-аз-еракӀ-аз-е
ЧӀовул

(локатив)

жинда игӀрабвас-аз-даяц-аз-дарукъзаб-аз-даракӀ-аз-да
жиндихъ игӀрабвац-аз-ухъяц-аз-ухърукъзаб-аз-ухъракӀ-аз-ухъ
жиндилъ игӀрабвац-аз-улъяц-аз-улърукъзаб-аз-улъракӀ-аз-улъ
жиндикь игӀрабвац-аз-укьяц-аз-укьрукъзаб-аз-укьракӀ-аз-укь
жаниб игӀраб
РачӀул

(аллатив)

жинде игӀрабвац-аз-деяц-аз-дерукъзаб-аз-деракӀ-аз-де
жиндихъе игӀрабвац-аз-ухъеяц-аз-ухъерукъзаб-аз-ухъеракӀ-аз-ухъе
жиндилъе игӀрабвац-аз-улъеяц-аз-улъерукъзаб-аз-улъеракӀ-азс-улъе
жиндикье игӀрабвац-аз-укьеяц-аз-укьерукъзаб-аз-укьеракӀ-аз-укье
жанибе игӀраб
РатӀалъул

(аблатив/транслатив)

жиндаса(н) игӀрабвац-аз-даса(н)яц-аз-даса(н)рукъзаб-аз-даса(н)ракӀ-аз-даса(н)
жиндихъа(н) игӀрабвац-аз-ухъа(н)яц-аз-ухъа(н)рукъзаб-аз-ухъа(н)ракӀ-аз-ухъа(н)
жиндилъа(н) игӀрабвац-аз-улъа(н)яц-аз-улъа(н)рукъзаб-аз-улъа(н)ракӀ-аз-улъа(н)
жиндикьа(н) игӀрабвац-аз-укьа(н)яц-аз-укьа(н)рукъзаб-аз-укьа(н)ракӀ-аз-укьа(н)
жаниса(н) игӀраб

Сифат

Авар мацӀалъул сундул букӀаниги сипат-сурат жинца бихьизабулеб ва кинаб?, кинай?, кинаб?, кинал? абураб суалазе жаваблъун бачӀунеб каламалъул бутӀа ккола сифат: тирияв вас, берцинай яс, хехаб чу, лъикӀал гӀадамал, дираб, меседилаб.

Жумлаялда жаниб сифат гӀемерисеб баянлъун ккола, ва жинца баян кьолеб рагӀиялде балагьун, сифат жинсалда ва гӀемерлъул формаялда рекъон хисула: хирияв эмен, хирияй эбел, хирияб тӀалъи, хириял тӀахьал.

Авар мацӀалъул сифатал рукӀуна гӀадаталги (берцинаб, кӀудияб, лъикӀаб), жураралги (кантӀогьилаб, чӀегӀерккараб), тӀубаралги (багӀараб) къокъалги (багӀар). Сифаталъул къокъаб формаялъул буго стиллистикияб релъен ва гӀемерисеб хӀалтӀизабула поэзиялда. А. А. Бокаревас жиндирго монографиялда рехсон буго къокъал сифатал хӀалтӀизарулел бакӀал[17]:

  1. поэзиялда хасаб стилалъулаб къагӀида хӀисабалда;
  2. хасал ва географиял цӀаразда;
  3. сорт бихьизабулел ва сундул букӀаниги батӀалъаби бихьизабулел бакӀазда;
  4. къокъаб формаялдалъун бегьула жиндалъун цогияб классалдаса предмет батӀа гьабулеб кинаб букӀаниги хаслъи бихьизабизе гуребги, жибго предметги баян гьабизе.

ТӀубараб фарма лъугьуна къокъаб сифаталде тӀаде -а- суффикс ва классалъулаб ахир жубан: лъикӀ-а-в, лъикӀ-а-й, лъикӀ-а-б, лъикӀ-а-л. Сифат каламалда жаниб магӀнаялъул рахъалъги формаялъул рахъалъанги цӀаралда бухьараб буго; гьеб жинсалъулъги цолъул ва гӀемерлъул формаялъулъги предметияб цӀаргун рекъола. Жинсалде балагьун: тамашаяв вас, тамашаяй яс, тамашаяб тӀехь; гӀемерлъул формаялде балагьун: тамашаял васал, тамашаял тӀахьал.

Сифатазул цо-цо тайпаби руго жинсияб ва цолъулгун гӀемерлъул формалъул гӀаламат ахиралъулъги кьибилалъулъги такрарлъулел: ворхатав вас, йорхатай яс, борхатаб гъветӀ, рорхатал мугӀрул. Сифаталъул данде кквеялъул даражаби рихьизарула авар мацӀалда цогидал рагӀабазул кумекалдалъун: лъикӀаб — дагьабги лъикӀаб — бищун лъикӀаб.

Жиндир гӀаламат бихьизабулеб предметияб цӀаргун цадахъ бугеб мехалда прилагательное падежазде хисуларо, аслияб падежалда хутӀула: лебалав чи, лебалав чияс, лебалав чиясул, лебалав чиясе. Жиндир гӀаламат бихьизабулеб предметияб цӀаргун цадахъ гуреб, жибго батӀаго бугони, сифатал игӀрабазда рекъон хисула. Субстантивациялда суффиксазул кумекалдалъун сифаталъул лъугьуна хъвалсараб аслу ва тӀагӀуна класс бихьизабулеб ахир: лъикӀа-с (Ӏ класс), лъикӀа-лъ (II—III класс).

ИгӀрабЦолъул формаГӀемерлъул форма
чиясул жинсчӀужуялъул жинсгьоркьохъеб жинс
АслияблъикӀ-а-влъикӀ-а-йлъикӀ-а-блъикӀ-а-л
АктивлъикӀ-аслъикӀ-алълъикӀ-аз
ХаслъуллъикӀ-ас-уллъикӀ-алъ-уллъикӀ-аз-ул
КьовуллъикӀ-ас-елъикӀ-алъ-елъикӀ-аз-е
ЧӀовул

(локатив)

жинда игӀраблъикӀ-ас-далъикӀ-ал-далъикӀ-аз-да
жиндихъ игӀраблъикӀ-ас-ухълъикӀ-алъ-ухълъикӀ-аз-ухъ
жиндилъ игӀраблъикӀ-ас-улълъикӀ-алъ-улълъикӀ-аз-улъ
жиндикь игӀрабликӀ-ас-укьликӀ-алъ-укьликӀ-аз-укь
жаниб игӀраблъикӀ-алъ-уб(в/й/р)
РачӀул

(аллатив)

жинде игӀраблъикӀ-ас-делъикӀ-ал-делъикӀ-аз-де
жиндихъе игӀраблъикӀ-ас-ухъелъикӀ-алъ-ухъелъикӀ-аз-ухъе
жиндилъе игӀраблъикӀ-ас-улъелъикӀ-алъ-улъелъикӀ-аз-улъе
жиндикье игӀраблъикӀ-ас-укьелъикӀ-алъ-укьелъикӀ-аз-укье
жанибе игӀраблъикӀ-алъ-убе
РатӀалъул

(аблатив/транслатив)

жиндаса(н) игӀраблъикӀ-ас-даса(н)лъикӀ-ал-даса(н)лъикӀ-аз-даса(н)
жиндихъа(н) игӀраблъикӀ-ас-ухъа(н)лъикӀ-алъ-ухъа(н)лъикӀ-аз-ухъа(н)
жиндилъа(н) игӀраблъикӀ-ас-улъа(н)лъикӀ-алъ-улъа(н)лъикӀ-аз-улъа(н)
жиндикьа(н) игӀраблъикӀ-ас-укьа(н)лъикӀ-алъ-укьа(н)лъикӀ-аз-укьа(н)
жаниса(н) игӀраблъикӀ-алъ-уса(н)

РикӀкӀен

РикӀкӀеназ бихьизабула предметазул къадар ва рикӀкӀунаго гьезул ирга. Авар мацӀалда рикӀкӀенал руго къадаралъулги (цо, кӀиго, лъабго, анцӀго, нусго) иргадулалги (цоабилеб/тӀоцебесеб, кӀиабилеб, лъабабаилеб, анцӀабилеб, нусабилеб). Формабазде балагьун, рикӀкӀенал рикьула гӀадатаздеги, жубараздеги, гӀуцӀараздеги.

ГӀадатал рикӀкӀенал ккола цо кьибилалдасан гӀуцӀарал: цо-ялдаса анцӀго-ялде щвезегӀан ругелги, гьединго къого, лъеберго, нусго, азарго, миллион. Гьездасан лъугьарал иргадул рикӀкӀеналги гӀадатазде гьоркьоре ккола.

Журарал рикӀкӀенал ккола жал кӀиго яги лъабго рикӀеналъул кьибил жубан лъугьаразда (гьединго журараллъун ккола гьездасан лъугьарал иргадул рикӀкӀеналги).

КӀиго кьибил бугелЛъабго кьибил бугел
  • кӀинусго
  • лъабнусго
  • ункънусго
  • щунусго
  • анлънусго
  • анкьнусго
  • микьнусго
  • ичӀнусго
  • кӀиазарго
  • лъабазарго
  • ункъазарго
  • щуазарго
  • анлъазарго
  • анкьазарго
  • микьазарго
  • ичӀазарго
  • анцӀазарго
  • нусазарго
  • кӀинусазарго
  • лъабнусазарго
  • ункънусазарго
  • щунусазарго
  • анлънусазарго
  • анкьнусазарго
  • микьнусазарго
  • ичӀнусазарго

Журарал рикӀенал лъугьунаго -го ахир гӀицӀго ахирисеб рикӀкӀеналъулъ гурони хутӀуларо: кӀиго + нусго = кӀинусго, лъабго + нусго = лъабнусго, ункъго + азарго = ункъазарго.

гӀуцӀарал рикӀкӀенал ккола кӀиго ва цӀикӀкӀун гӀадатал ва журарал рикӀкӀеназдаса жал лъугьарал: анцӀила цо, къоло лъабго, лъебералда ункъго ва ц. Гьел лъугьунаго ахирисеб рикӀкӀен бугеб хӀалалда босула, гьелда церехун кколел рикӀкӀеназде тӀаде -ло, -ла, -да ахирал журала; 11-ялдаса 19-де щвезегӀан ругел рикӀкӀеназда хӀалтӀизабулеб форма ккола анцӀи-ла: анцӀила цо, анцӀила кӀиго, анцӀила ичӀго; лъабабилеб тартибалъул цӀарубакӀазда хӀалтӀизабула къоло: къоло лъабго, къоло ункъго, къоло щуго. Авар мацӀалъул рикӀкӀиналъул система буго къоцӀулаб, тӀоцебесеб нусил рикӀенал лъугьунеб форма — рикӀеналъул аслу-къоялда + (анцӀила) + гӀадатаб рикӀкӀен: кӀикъоялда кӀиго, лъабкъоялда анцӀила ункъго[18].

Предметияб цӀаралда цадахъ бугеб мехалда къадаралъул рикӀкӀен жинсалдеги формаялдеги хисуларо, гьелда хадуб бачӀунеб предметияб цӀарги кидаго цолъул формаялда хӀалтӀизабула: кӀиго вас, лъабго яс, анцӀго гъветӀ.

Субстантивацияб иргадулаб рикӀкӀен игӀрабазде хисула сифат гӀадин: кӀиабилев вас, лъабабилей яс, анцӀила цоабилеб класс, къоабилел санал, амма цӀаргун цадахъ ругел мехалда иргадул рикӀкӀеналги падежазде сверуларо: микьабилеб класс, микьабилеб классалъ.

ЦӀаргун цадахъ бугеб мехалъ, рикӀкӀен баянлъун букӀуна, амма цӀар цадахъ гьечӀони, жумлаялда жаниб гьеб ккезе бегьула батӀи-батӀиял гӀахьалбутӀабилъун.

Къадаралъул рикӀкӀен

Къадаралъул рикӀкӀеналъ бихьизабула рикӀкӀунеб жоялъул къадар ва гьеб чан? абураб суалалъе жаваблъун бачӀуна. Сундул букӀаниги къадар гьелъ бихьизабула батӀи-батӀияб магӀнаялда. Авар мацӀалда къадаралъул рикӀкӀенал рикьизе бугьула анлъго тайпаялде[19].

ТайпаЛъугьенеб куцМисалалСуалБаян
1Къадар бихьзарулелцо рикӀкӀеналъул гӀицӀго аслу; хутӀарал: рикӀкӀеналъул аслу + -гоцо, кӀиго, лъабго, ункъго, щуго, анцӀго, нусгочан?Баян гьабула гӀаммаб къадар
2Чан цадахълъи бичӀчӀзабулел
  • гӀадатал рикӀкӀеназул аслу такрарлъун: кӀиго, кӀи-кӀи
  • къого рикӀкӀеналдаса лъугьараб жубараб рикӀкӀен тӀубанго такрарлъула ва кӀиабилеб -го цӀунула: кӀикъо-кӀикъого
  • азарго рикӀкӀеналдаса лъугьунаго тӀоцебесеб бутӀаялъул горкьоса уна: аза-азар


цо-цо, кӀи-кӀи, лъаб-лъаб, ункъ-ункъ, щу-щу, анцӀ-анцӀ, нус-нусчан-чан?Гьел рикӀкӀеназ бичӀчӀизабула жиб рикӀкӀунеб бугеб жо кигӀан гӀемераб къадаралда бугониги батӀалъи гьечӀого, чан-чан цадахъккун батӀа гьабулеб бугебали
3тӀолголъи бичӀчӀизабулелелрикӀкӀеназул аслу + ахир -абго (-ябго)кӀиябго, лъабабго, ункъабго, щуябго, анцӀабго, нусабгочан?Гьел рикӀкӀеназ баян гьабула гӀемерал предметазда гьоркьоса цо чанго батӀаго босун рикӀкӀуна бук1ин.
4тӀолголъи бичӀчӀизабуларелрикӀкӀеналъул аслу + -го + -яв/-яй/-яб/-ялцояв, кӀигояв, лъабгояв, ункъгояв, щугояв, анцӀгояв, нусгоявГьел рикӀкӀеназ баян гьабула гӀемерал предметазда гьоркьоса цо чанго батӀаго босун рикӀкӀуна букӀин.
5Къадаралъул щаклъи бичӀчӀизабулелгьеркьоб дефисги лъун рикӀкӀеналги журанцо-киг1о, лъабго-ункъго, щуго-анлъгоГьез баян гьабула рикӀунеб предметазул къадар щакаб букӀин.
6ЧанцӀуллъи бичӀчӀизабулелрикӀкӀеналъул аслу + ахир -цӀулцоц1ул (цин), к1иц1ул, лъабц1ул, ункъц1ул, щуц1ул, анц1ул, нусц1улчанцӀул?Сундул букӀаниги такрарлъиялъул къадар.
Иргадул рикӀкӀен

Иргадул рикӀкӀеналъ бихьизабула рикӀкӀунеб жоялъул ирга ва чанабилеб? абураб суалалъе жаваблъунги бачӀуна. Лъугьуна къадаралъул рикӀкӀеналъул -го ахирги нахъе рехун, аслуялде тӀаде жинсалдеги формаялдеги балагьун -абилев, -абилей, -абилеб, -абилел ахиралги журан: кӀи-го — кӀи-абилев (кӀиабилей, кӀиабилеб, кӀиабилел), анц1го — анц1абилеб, нусго — нусабилеб.

ЦӀаргун бугеб мехалда иргадул рикӀкӀен цолъул яги гӀемерлъул формаялъулъ ва жинсалъулъ цӀаргун рекъола, амма сифатал гӀадинигӀрабазде хисуларо: кӀиабилев вас, лъабабилей яс, ункъабилеб гьумер, анцӀабилел къоял. ЦӀарги гьечӀого хӀалтӀизабун бугони, иргадул рикӀкӀенги, сифаталда релълъун, игӀрабазде сверула[20].

РикӀкӀен игӀрабазде свери
Цояб (яв/яй/ял)
ИгӀрабЦолъул формаГӀемерлъул форма
чиясул жинсчӀужуялъул жинсгьоркьохъеб жинс
Аслиябцо-явцо-яйцо-ябцо-ял
Активцо-ясцо-ялъцо-яз
Хаслъулцо-яс-улцо-ялъ-улцо-яз-ул
Кьовулцо-яс-ецо-ялъ-ецо-яз-е
ЧӀовул

(локатив)

жинда игӀрабцо-яс-дацо-ял-дацо-яз-да
жиндихъ игӀрабцо-яс-ухъцо-ялъ-ухъцо-яз-ухъ
жиндилъ игӀрабцо-яс-улъцо-ялъ-улъцо-яз-улъ
жиндикь игӀрабцо-яс-укьцо-ялъ-укьцо-яз-укь
жаниб игӀрабцо-ялъ-уб(в/й/р)
РачӀул

(аллатив)

жинде игӀрабцо-яс-децо-ял-децо-яз-де
жиндихъе игӀрабцо-яс-ухъецо-ялъ-ухъецо-яз-ухъе
жиндилъе игӀрабцо-яс-улъецо-ялъ-улъецо-яз-улъе
жиндикье игӀрабцо-яс-укьецо-ялъ-укьецо-яз-укье
жанибе игӀрабцо-ялъ-убе

(-уве/-уйе/-уре)

РатӀалъул

(аблатив/транслатив)

жиндаса(н) игӀрабцо-яс-даса(н)цо-ял-даса(н)цо-яз-даса(н)
жиндихъа(н) игӀрабцо-яс-ухъа(н)цо-ялъ-ухъа(н)цо-яз-ухъа(н)
жиндилъа(н) игӀрабцо-яс-улъа(н)цо-ялъ-улъа(н)цо-яз-улъа(н)
жиндикьа(н) игӀрабцо-яс-укьа(н)цо-ялъ-укьа(н)цо-яз-укьа(н)
жаниса(н) игӀрабцо-ялъ-уса(н)
Лъабгояб (-яв/-яй/-ял)
ИгӀрабЦолъул формаГӀемерлъул форма
чиясул жинсчӀужуялъул жинсгьоркьохъеб жинс
Аслияблъабго-явлъабго-яйлъабго-яблъабго-ял
Активлъабго-яслъабго-ялълъабго-яз
Хаслъуллъабго-яс-уллъабго-ялъ-уллъабго-яз-ул
Кьовуллъабго-яс-елъабго-ялъ-елъабго-яз-е
ЧӀовул

(локатив)

жинда игӀраблъабго-яс-далъабго-ял-далъабго-яз-да
жиндихъ игӀраблъабго-яс-ухълъабго-ялъ-ухълъабго-яз-ухъ
жиндилъ игӀраблъабго-яс-улълъабго-ялъ-улълъабго-яз-улъ
жиндикь игӀраблъабго-яс-укьлъабго-ялъ-укьлъабго-яз-укь
жаниб игӀраблъабго-ялъ-уб(в/й/р)
РачӀул

(аллатив)

жинде игӀраблъабго-яс-делъабго-ял-делъабго-яз-де
жиндихъе игӀраблъабго-яс-ухъелъабго-ялъ-ухъелъабго-яз-ухъе
жиндилъе игӀраблъабго-яс-улъелъабго-ялъ-улъелъабго-яз-улъе
жиндикье игӀраблъабго-яс-укьелъабго-ялъ-укьелъабго-яз-укье
жанибе игӀраблъабго-ялъ-убе

(-уве/-уйе/-уре)

РатӀалъул

(аблатив/транслатив)

жиндаса(н) игӀраблъабго-яс-даса(н)лъабго-ял-даса(н)лъабго-яз-даса(н)
жиндихъа(н) игӀраблъабго-яс-ухъа(н)лъабго-ялъ-ухъа(н)лъабго-яз-ухъа(н)
жиндилъа(н) игӀраблъабго-яс-улъа(н)лъабго-ялъ-улъа(н)лъабго-яз-улъа(н)
жиндикьа(н) игӀраблъабго-яс-укьа(н)лъабго-ялъ-укьа(н)лъабго-яз-укьа(н)
жаниса(н) игӀраблъабго-ялъ-уса(н)

Къадаралъулаб рикӀкӀеналъул тӀелалда гъорлъа тӀололъи бичӀчӀизабулел рикӀкӀеналги игӀрабазде сверула (бакӀалъул падежалги гьадинанго руго):

ИгӀрабЦолъул формаГӀемерлъул форма
чиясул жинсчӀужуялъул жинсгьоркьохъеб жинс
Аслияблъабавголъабайголъабабголъабалго
Активлъабас-голъабалъ-голъабаз-го
Хаслъуллъабас-ул-голъабалъ-ул-голъабаз-ул-го
Кьовуллъабас-е-голъабалъ-е-голъабаз-е-го
ЧӀовул

(локатив)

жинда игӀраблъабас-да-голъабалъ-да-голъабаз-да-го
жиндихъ игӀраблъабас-ухъ-голъабалъ-ухъ-голъабаз-ухъ-го
жиндилъ игӀраблъабас-улъ-голъабалъ-улъ-голъабаз-улъ-го
жиндикь игӀраблъабас-укь-голъабалъ-укь-голъабаз-укь-го
жаниб игӀраблъабалъ-уб-го

(-ув/-уй/-ур)-го

РачӀул

(аллатив)

жинде игӀраблъабас-де-голъабал-де-голъабаз-де-го
жиндихъе игӀраблъабас-ухъе-голъабалъ-ухъе-голъабаз-ухъе-го
жиндилъе игӀраблъабас-улъе-голъабалъ-улъе-голъабаз-улъе-го
жиндикье игӀраблъабас-укье-голъабалъ-укье-голъабаз-укье-го
жанибе игӀраблъабалъ-убе-го

(-уве/-уйе/-уре)-го

РатӀалъул

(аблатив/транслатив)

жиндаса(н) игӀраблъабас-даса(н)-голъабалъ-даса(н)-голъабаз-даса(н)-го
жиндихъа(н) игӀраблъабас-ухъа(н)-голъабалъ-ухъа(н)-голъабаз-ухъа(н)-го
жиндилъа(н) игӀраблъабас-улъа(н)-голъабалъ-улъа(н)-голъабазулъа(н)-го
жиндикьа(н) игӀраблъабас-укьа(н)-голъабалъ-укьа(н)-голъабаз-укьа(н)-го
жаниса(н) игӀраблъабалъ-уса(н)-го

Иргадулаб рикӀкӀен игӀрабазде сверула сифатал гӀадин цӀаргун гьечӀеб мехалъ:

ИгӀрабЦолъул формаГӀемерлъул форма
чиясул жинсчӀужуялъул жинсгьоркьохъеб жинс
Аслияблъабабилевлъабайголъабабголъабалго
Активлъабабилеслъабабилелълъабабилез
Хаслъуллъабабилес-уллъабабилелъ-уллъабабилез-ул
Кьовуллъабабилес-елъабабилелъ-елъабабилез-е
ЧӀовул

(локатив)

жинда игӀраблъабабилес-далъабабилел-далъабабилез-да
жиндихъ игӀраблъабабилес-ухълъабаабилелъ-ухълъабабилез-ухъ
жиндилъ игӀраблъабабилес-улълъабабилелъ-улълъабабилез-улъ
жиндикь игӀраблъабабилес-укьлъабабилелъ-укьлъабабилез-укь
жаниб игӀраблъабабилелъ-уб(в/й/р)
РачӀул

(аллатив)

жинде игӀраблъабабилес-делъабабилел-делъабабилез-де
жиндихъе игӀраблъабабилес-ухъелъабабилелъ-ухъелъабабилез-ухъе
жиндилъе игӀраблъабабилес-улъелъабабилелъ-улъелъабабилез-улъе
жиндикье игӀраблъабабилес-укьелъабабилелъ-укьелъабабилез-укье
жанибе игӀраблъабабилелъ-убе

(-уве/-уйе/-уре)

РатӀалъул

(аблатив/транслатив)

жиндаса(н) игӀраблъабабилес-даса(н)лъабабилел-даса(н)лъабабилез-даса(н)
жиндихъа(н) игӀраблъабабилес-ухъа(н)лъабабилелъ-ухъа(н)лъабабилез-ухъа(н)
жиндилъа(н) игӀраблъабабилес-улъа(н)лъабабилелъ-улъа(н)лъабабилез-улъа(н)
жиндикьа(н) игӀраблъабабилес-укьа(н)лъабабилелъ-укьа(н)лъабабилез-укьа(н)
жаниса(н) игӀраблъабабилелъ-уса(н)

ЦӀарубакӀ

Авар мацӀалда цӀарубакӀ хӀалтӀизабула цӀаралъул, сифаталъул, рикӀкӀеналъул бакӀалда, ва гьеб магӀнаялъул рахъалъан цӀаралдаса, сифаталдаса, рикӀкӀеналдаса жиндир магӀна дагьабги цӀикӀкӀун гӀаммаб букӀиналдалъун батӀалъула. МагӀнаялде балагьун, цӀарубакӀал рикьула:

  1. Гьумералъул цӀарубакӀал: 1-себ гьумер — дун, ниж, нилъ; 2-леб гьум. — мун, нуж; 3-леб гьум. — дов, дой, доб, дол; жив, жий, жиб, жал. ТӀоцебесеб гьумералъул цӀарубакӀазул гӀемерлъул формаялъе авар мацӀалда буго эксклюзивияб ниж ва инклюзивияб нилъ (нилӀ) формаби. Ниж хӀалтӀизабула жиндехун кӀалъай буссарав чи гъорлъ гьечӀолъи бичӀчӀизабизе. Нилъ цӀарубакӀ хӀалтӀизабула жиндехун кӀалъай буссарав чи гъорлъ вукӀин бичӀчӀизабизе.
  2. Ишараялъул цӀарубакӀал: ав, эв, гьав, дов, гьадав, гъов, гьагъав, лъов, гьалъав. Гьумералъул цӀарубакӀазул цо-цо формаби ишараялъул цӀарубакӀаздаги хӀалтӀизабула, масала: дов. Цо-цо мехалда гьел цӀарубакӀазул авалалда гьа- жубала (гьа- тӀаде жубараб форма лъугьунаго аслуялъулъ о гьаракь а гьаракьалде сверула): дов > гьадав. Ишараялъул цӀарубакӀаз манзилги бичӀчӀизабула: гьав — кӀалъалесда аскӀов цун вугев; гьев — жинда кӀалъалесда аскӀов чӀун вугев; дов — рикӀкӀад вугев; лъов — кӀалъалесдаса ворхалъуда вугев; гъов — кӀалъалесдаса гъоркьехун вугев;
  3. Суалиял цӀарубакӀал: щив? щий? щиб? щал? кинав? кинай? кинаб? кинал? чан?
  4. Баяналъул цӀарубакӀал: щибав, щибай, щибаб, щибай, кинавго, киналго, тӀолго;
  5. Баянлъи гьечӀолъиялъул цӀарубакӀал: щивалиго, щиялиго, щибалиго, щалалиго, кинавалиго, кинаялиго, кинабалиго, киналалиго;
  6. Абсолютиял цӀарубакӀал: щивниги, щалниги;

ЦӀарубакӀ жумлаялда жаниб гӀемерисеб мехалъ субъектлъун букӀуна, гьединго гьеб, жиб хӀалтӀизабун бугеб магӀнаялъухъ ва формаялъухъ балагьун, букӀуна батӀиял гӀахьалбутӀабилъунги: битӀараб тӀадежубайлъун (объект), предикатлъун, баянлъун, хъвалсараб тӀадежубайлъун.

ЦӀарубакӀ игӀрабазде свери

Гьумералъул, суалиял, ишариял ва гьездаса лъугьарал цӀарубакӀал хисиялъул руго хадусел хаслъалаби:

  • цолъул формаялъул гумералъул цӀарубакӀазул ва суалиязул букӀуна супплетивияб хъвалсараб аслу: ди-е, ду-е, лъи-е, сунду-е — кьовул игӀраб.
  • стандартияб гуреб къагӀидаялда лъугьуна хъвалсараб аслу гӀемерлъул формаялда ругел гьумералъул цӀарубакӀазул: ниже-е, нуже-е, жинди-е, жиде-е — кьов. и.
  • щиб ва жив цӀарубакӀазул актив игӀрабалда тӀагӀуна аслуялъул кӀиабилеб къотӀел: сун-ца, жин-ца;
  • нахъруссиналъул ва гьумералъул цӀарубакӀазул хаслъул падеж лъугьуна -р суффиксалъул кумекалдалъун: ди-р, ду-р;
  • жал гьумералъул цӀарубакӀаллъун хӀалтӀизарулел баяналъул цӀарубакӀазул хъвалсараб аслу лъугьуна -с- (Ӏ кл.), -лъ- (II—III), -з- (гӀем. ф.) суффиксазул кумекалдалъун ва класс бихьизабуле ахир къотӀиялдалъун;
  • рихьизарул цӀарубакӀазул кьовул падеж лъугьуна -ие суффиксалдалъун: гьес-ие, гьелъ-ие.
Гьумералъул цӀарубакӀал игӀрабазде свериялъул парадигма
ИгӀрабЦолъул формаГӀемерлъул форма
1-себ гьумер2-леб гьумер3-леб гьумер1-себ гьумер2-леб гьумер3-гьумер
Аслиябдунмундовдойдобниж
нилъ
нуждол
Активди-цаду-цадосдолъниже-ца
нилъе-ца
нуже-цадоз
Хаслъулди-рду-рдос-улдолъ-улниже-р
нилъе-р
нуже-рдоз-ул
Кьовулди-еду-едос-иедолъ-иениже-е
нилъе-е
нуже-едоз-ие
ЧӀовул

(локатив)

жинда игӀрабди-даду-дадос-дадол-даниже-да
нилъе-да
нуже-дадоз-да
жиндихъ игӀрабди-хъду-хъдос-ухъдолъ-ухъниже-хъ
нилъе-хъ
нуже-хъдоз-ухъ
жиндилъ игӀрабди-лъду-лъдос-улъдолъ-улъниже-лъ
нилъе-лъ
нуже-лъдоз-улъ
жиндикь игӀрабди-кьду-кьдос-укьдолъ-укьниже-кь
нилъе-лъ
нуже-кьдоз-укь
жаниб игӀрабдолъ-уб
(-ув/-уй/-ур)
РачӀул

(аллатив)

жинде игӀрабди-деду-дедос-дедол-дениже-де
нилъе-де
нуже-дедоз-де
жиндихъе игӀрабди-хъеду-хъедос-ухъедолъ-ухъениже-хъе
нилъе-хъе
нуже-хъедоз-ухъе
жиндилъе игӀрабди-лъеду-лъедос-улъедолъ-улъениже-лъе
нилъе-лъе
нуже-лъедоз-улъе
жиндикье игӀрабди-кьеду-кьедос-укьедолъ-укьениже-кье
нилъе-кье
нуже-кьедоз-укье
жанибе игӀрабдолъ-убе
(-уве/-уйе/-уре)
РатӀлъул

(аблатив/транслатив)

жиндаса(н) игӀрабди-даса(н)ду-даса(н)дос-даса(н)дол-даса(н)ниже-даса(н)
нилъе-даса(н)
нуже-даса(н)доз-даса(н)
жиндихъа(н) игӀрабди-хъа(н)ду-хъа(н)дос-ухъа(н)долъ-ухъа(н)ниже-хъа(н)
нилъе-хъа(н)
нуже-хъа(н)доз-ухъа(н)
жиндилъа(н) игӀрабди-лъа(н)ду-лъа(н)дос-улъа(н)долъ-улъан(н)ниже-лъа(н)
ниже-лъа(н)
нуже-лъа(н)доз-улъа(н)
жиндикьа(н) игӀрабди-кьа(н)ду-кьа(н)дос-укьа(н)долъ-укьа(н)ниже-кьа(н)
нилъе-кьа(н)
нуже-кьа(н)доз-укьа(н)
жаниса(н) игӀрабдолъ-уса(н)

Ишараялъул цӀарубакӀал

ав (й/б/л), гьав (й/б/л), гъов (й/б/л)
ИгӀрабЦолъул форма
Аслиябавайабгьавгьайгьабгъовгъойгъол
Активасалъгьасгьалъгъосгъолъ
Хаслъулас-улалъ-улгьас-улгьалъ-улгъос-улгъолъ-ул
Кьовулас-иеалъ-иегьас-иегьалъ-иегъос-иегъолъ-ие
ЧӀовул

(локатив)

жинда игӀрабас-даал-дагьас-дагьал-дагъос-дагъол-да
жиндихъ игӀрабас-ухъалъ-ухъгьас-ухъгьалъ-ухъгъос-ухъгъолъ-ухъ
жиндилъ игӀрабас-улъалъ-улъгьас-улъгьалъ-улъгъос-улъгъолъ-улъ
жиндикь игӀрабас-укьалъ-укьгьас-укьгьалъ-укьгъос-укьгъолъ-укь
жаниб игӀрабалъ-уб

(-ув/-уй/-ур)

гьалъ-уб

(-ув/-уй/-ур)

гьолъ-уб

(-ув/-уй/-ур)

РачӀул

(аллатив)

жинде игӀрабас-деал-дегьас-дегьал-дегъос-дегъол-де
жиндихъе игӀрабас-ухъеалъ-ухъгьас-ухъегьалъ-ухъгъос-ухъегъолъ-ухъе
жиндилъе игӀрабас-улъеалъ-улъегьас-улъегьалъ-улъегъос-улъегъолъ-улъе
жиндикье игӀрабас-укьеалъ-укьегьас-укьегьалъ-укьегъос-укьегъолъ-укье
жанибе игӀрабалъ-убе

(-уве/-уйе/-уре)

гьалъ-убе

(-уве/-уйе/-уре)

гьолъ-убе

(-уве/-уйе/-уре)

РатӀлъул

(аблатив/транслатив)

жиндаса(н) игӀрабас-даса(н)ал-даса(н)гьас-даса(н)гьал-даса(н)гъос-даса(н)гъол-даса(н)
жиндихъа(н) игӀрабас-ухъа(н)алъ-ухъа(н)гьас-ухъа(н)гьалъ-ухъа(н)гъос-ухъа(н)гъолъ-ухъа(н)
жиндилъа(н) игӀрабас-улъа(н)алъ-улъа(н)гьас-улъа(н)гьалъ-улъа(н)гъос-улъа(н)гъолъ-улъан(н)
жиндикьа(н) игӀрабас-укьа(н)алъ-укьа(н)гьас-укьа(н)гьалъ-укьа(н)гъос-укьа(н)гъолъ-укьа(н)
жаниса(н) игӀрабалъ-уса(н)гьалъ-уса(н)гъолъ-уса(н)
ал, гьал, гъол
ИгӀрабГӀемерлъул форма
Аслиябалгьалгъол
Активазгьазгъоз
Хаслъулаз-улгьаз-улгъоз-ул
Кьовулаз-иегьаз-иегъоз-ие
ЧӀовул

(локатив)

жинда игӀрабаз-дагьаз-дагъоз-да
жиндихъ игӀрабаз-ухъгьаз-ухъгъоз-ухъ
жиндилъ игӀрабас-улъгьаз-улъгъоз-улъ
жиндикь игӀрабас-укьгьаз-укьгъоз-укь
жаниб игӀраб
РачӀул

(аллатив)

жинде игӀрабаз-дегьаз-дегъоз-де
жиндихъе игӀрабаз-ухъегьаз-ухъегъоз-ухъе
жиндилъе игӀрабаз-улъегьаз-улъегъоз-улъе
жиндикье игӀрабаз-укьегьаз-укьегъоз-укье
жанибе игӀраб
РатӀлъул

(аблатив/транслатив)

жиндаса(н) игӀрабаз-даса(н)гьаз-даса(н)гъоз-даса(н)
жиндихъа(н) игӀрабаз-ухъа(н)гьаз-ухъа(н)гъоз-ухъа(н)
жиндилъа(н) игӀрабаз-улъа(н)гьаз-улъа(н)гъоз-улъа(н)
жиндикьа(н) игӀрабаз-укьа(н)гьаз-укьа(н)гъоз-укьа(н)
жаниса(н) игӀраб

Суалиял цӀарубакӀал:

щив (-й/-б), щал
ИгӀрабЦолъул формаГӀемерлъул форма
ч. ж.чӀ. ж.гь. ж.
Аслиябщивщийщибщал
Активлъи-цасун-цалъица
Хаслъуллъи-лсунду-ллъил
Кьовуллъи-есунду-елъи-е
ЧӀовул

(локатив)

жинда игӀраблъи-дасун-далъи-да
жиндихъ игӀраблъи-хъсунду-хълъи-хъ
жиндилъ игӀраблъи-лъсунду-лълъи-лъ
жиндикь игӀраблъи-кьсунду-кьлъи-кь
жаниб игӀраб
РачӀул

(аллатив)

жинде игӀраблъи-десун-делъи-де
жиндихъе игӀраблъи-хъесунду-хъелъи-хъе
жиндилъе игӀраблъи-лъесунду-лъелъи-лъе
жиндикье игӀраблъи-кьесунду-кьелъи-кье
жанибе игӀраб
РатӀлъул

(аблатив/транслатив)

жиндаса(н) игӀраблъи-даса(н)сун-даса(н)лъи-даса(н)
жиндихъа(н) игӀраблъи-хъа(н)сунду-хъа(н)лъи-хъа(н)
жиндилъа(н) игӀраблъи-лъа(н)сунду-лъа(н)лъи-лъа(н)
жиндикьа(н) игӀраблъи-кьа(н)сунду-кьа(н)лъи-кьа(н)
жаниса(н) игӀраб

Баяналъул цӀарубакӀал (лъугьуна суалиял цӀарубакӀаздаса -а- ва классалъул ахиралъул суффиксазул кумекалдалъун: щиб — щиб-а-в, гьанире гъорлъе рачӀуна гьединго тӀолго ва гьадинаб (-в/-й/-л) цӀарубакӀалги[21]).

щибав (/), кинавго (-айго/-абго), щибал, киналго
ИгӀрабЦолъул формаГӀемерлъул форма
Аслиябщибавщибайщибабкинавгокинайгокинабгощибалкиналго
Активщибасщибалъкинас-гокиналъ-гощибазкиназ-го
Хаслъулщибас-улщибалъ-улкинас-ул-гокиналъ-ул-гощибаз-улкиназ-ул-го
Кьовулщибас-ещибалъ-икинас-е-гокиналъ-е-гощибаз-екиназ-е-го
ЧӀовул

(локатив)

жинда игӀрабщибас-дащибал-дакинас-да-гокиналъ-да-гощибаз-дакиназ-да-го
жиндихъ игӀрабщибас-ухъщибалъ-ухъкинас-ухъ-гокиналъ-ухъ-гощибаз-ухъкиназ-ухъ-го
жиндилъ игӀрабщибас-улъщибалъ-улъкинас-улъ-гокиналъ-улъ-гощибаз-улъкиназ-улъ-го
жиндикь игӀрабщибас-укьщибалъ-укькинас-укь-гокиналъ-укь-гощибаз-укькиназ-укь-го
жаниб игӀрабщибалъ-уб

(-ув/-уй/-ур)

киналъ-уб-го
(-ув/-уй/-ур)-го
РачӀул

(аллатив)

жинде игӀрабщибас-дещибал-декинас-де-гокинал-де-гощибаз-декиназ-де-го
жиндихъе игӀрабщибас-ухъещибалъ-ухъекинас-ухъе-гокиналъ-ухъе-гощибаз-ухъекиназ-ухъе-го
жиндилъе игӀрабщибас-улъещибалъ-улъекинас-улъе-гокиналъ-улъе-гощибаз-улъекиназ-улъе-го
жиндикье игӀрабщибас-укьещибалъ-укьекинас-укье-гокиналъ-укье-гощибаз-укьекиназ-укье-го
жанибе игӀрабщибалъ-убе
(-уве/-уйе/-уре)
киналъ-убе-го
(-уве/-уйе/-уре)-го
РатӀлъул

(аблатив/транслатив)

жиндаса(н) игӀрабщибас-даса(н)щибал-даса(н)кинас-даса(н)-гокинал-даса(н)-гощибаз-даса(н)киназ-даса(н)-го
жиндихъа(н) игӀрабщибас-ухъа(н)щибалъ-ухъа(н)кинас-ухъа(н)-гокиналъ-ухъа(н)-гощибаз-ухъа(н)киназ-ухъа(н)-го
жиндилъа(н) игӀрабщибас-улъа(н)щибалъ-улъа(н)кинас-улъа(н)-гокиналъ-улъа(н)-гощибаз-улъа(н)киназ-улъа(н)-го
жиндикьа(н) игӀрабщибас-укьа(н)щибалъ-укьа(н)кинас-укьа(н)-гокиналъ-укьа(н)-гощибаз-укьа(н)киназ-укьа(н)-го
жаниса(н) игӀрабщибалъ-уса(н)киналъ-уса(н)-го

Баянлъи гьечӀел цӀарубакӀал (лъугьуна суалиял цӀарубакӀаздаса -алиго тӀаде жубан: щиб — щиб-алиго).

щивалиго, щиялиго, щибалиго, щалалиго
ИгӀрабЦолъул формаГӀемерлъул форма
ч. ж.чӀ. ж.гь. ж.
Аслиябщивалигощиялигощибалигощалалиго
АктивлъицаялигосунцаялигоГӀемерлъул формаялда ругел баянлъи гьечӀел цӀарубакӀал

игӀрабазде сверула цолъул

формаялда релълъун.

Хаслъуллъилалигосундулалиго
Кьовуллъиеялигосундуеялиго
ЧӀовул

(локатив)

жинда игӀраблъидаялигосундаялиго
жиндихъ игӀраблъихъалигосундухъалиго
жиндилъ игӀраблъилъалигосундулъалиго
жиндикь игӀраблъикьалигосундукьалиго
жаниб игӀрабсундунибалиго*
РачӀул

(аллатив)

жинде игӀраблъидеялигосундеялиго
жиндихъе игӀраблъихъеялигосундухъеялиго
жиндилъе игӀраблъилъеялигосундулъеялиго
жиндикье игӀраблъикьеялигосундукьеялиго
жанибе игӀрабсундунибалиго*
РатӀлъул

(аблатив/транслатив)

жиндаса(н) игӀраблъидасаялиго/лъидасаналигосундасаялиго/сундасаналиго
жиндихъа(н) игӀраблъихъаялиго/лъихъаналигосундухъаялиго/сундухъаналиго
жиндилъа(н) игӀраблъилъаялиго/лъилъаналигосундулъаялиго/сундулъаналиго
жиндикьа(н) игӀраблъикьаялиго/лъикьаналигосундукьаялиго/сундукьаналиго
жаниса(н) игӀрабсундасаялиго/сундасаналиго*

Абсолютиял цӀарубакӀал

щивниги, щийниги, щибниги, щалниги
ИгӀрабЦолъул формаГӀемерлъул форма
ч. ж.чӀ. ж.гь. ж.
Аслиябщивнигищийнигищивнигищалниги
АктивлъицанигисунцанигиГӀемерлъул формаялда ругел абсолютиял

цӀарубакӀал игӀрабазде сверула цолъул

формаялда релъун.

Хаслъуллъилнигисундулниги
Кьовуллъиенигисундуениги
ЧӀовул

(локатив)

жинда игӀраблъиданигисунданиги
жиндихъ игӀраблъихънигисундухъниги
жиндилъ игӀраблъилънигисундулъниги
жиндикь игӀраблъикьнигисундукьниги
жаниб игӀрабсундунибниги*
РачӀул

(аллатив)

жинде игӀраблъиденигисундениги
жиндихъе игӀраблъихъенигисундухъениги
жиндилъе игӀраблъилъенигисундулъениги
жиндикье игӀраблъикьенигисундукьениги
жанибе игӀрабсундунибениги*
РатӀлъул

(аблатив/транслатив)

жиндаса(н) игӀраблъидасаги (лъидасаниги)сундасаги/сундасаниги
жиндихъа(н) игӀраблъихъаги (лъихъаниги)сундухъаги/сундухъаниги
жиндилъа(н) игӀраблъилъаги (лъилъаниги)сундулъаги/сундулъаниги
жиндикьа(н) игӀраблъикьаги (лъикьаниги)сундукьаги/сундукьаниги
жаниса(н) игӀрабсундасаниги*

Нахъбуссиналъул цӀарубакӀал (лъугьуна гьумералъул цӀарубакӀаздаса гьезде тӀаде -го суффикс жубаялдалъун: дун — дун-го, мун — мунго; лъабабилеб гьумералъе нахъбуссиналъул цӀарубакӀлъун хӀалтӀизбула жив/жий/жиб/жал)

ИгӀрабЦолъул формаГӀемерлъул форма
ч. ж.чӀ. ж.гь. ж.
Аслиябживжийжибжал
Активжинди-цажиде-ца
Хаслъулжинди-ржиде-р
Кьовулжинди-ежиде-е
ЧӀовул

(локатив)

жинда игӀрабжинди-дажиде-да
жиндихъ игӀрабжинди-хъжиде-хъ
жиндилъ игӀрабжинди-лъжиде-лъ
жиндикь игӀрабжинди-кьжиде-кь
жаниб игӀраб
РачӀул

(аллатив)

жинде игӀрабжинди-дежиде-де
жиндихъе игӀрабжинди-хъежиде-хъе
жиндилъе игӀрабжинди-лъежиде-лъе
жиндикье игӀрабжинди-кьежиде-кье
жанибе игӀраб
РатӀлъул

(аблатив/транслатив)

жиндаса(н) игӀрабжинди-даса(н)жиде-даса(н)
жиндихъа(н) игӀрабжинди-хъа(н)жиде-хъа(н)
жиндилъа(н) игӀрабжинди-лъа(н)жиде-лъа(н)
жиндикьа(н) игӀрабжинди-кьа(н)жиде-кьа(н)
жаниса(н) игӀраб

ФигӀлу

Авар мацӀалда фигӀлу ккола сунца яги лъица букӀаниги гьабулеб иш, гьезие лъугьунеб ва гьел щиб хӀалалда ругебали бицунеб каламалъул бутӀа; щиб лъугьунеб? щиб гьабулеб? щиб хӀалалда бугеб? абурал суалазул цоялъе жаваблъунги бачӀуна. Жумлаялда жаниб фигӀлу букӀуна предикатлъун; жинсияб фигӀлу ккун бугони предикатлъун, гьеб кидаго субъектгун яги тӀадежубайгун жинсалъулъ ва формаялъулъ рекъон ккун букӀуна[22].

Сарп

ФигӀлуялъул категориял

ФигӀлуялъул категориязде гъорлъе уна: аспекталъул (фреквентативалъул), каузативалъул, классалъул, заманалъул, модусалъул (фигӀлу буссинабиялъул), гьечӀолъиялъул категориял.[23]

Фреквентатив ва каузатив

Авар мацӀалъу фигӀлабазул аспектияб категориялде гъорлъе ккола фреквентативияб (такрарлъул) форма. Гьелъ жидеца цо-цо ишазул цадахълъи ялъуни цоцада хадуб ккей бихьизабула; лъугьуна фреквентатив такрарлъунгутӀиял фигӀлабаздаса хадусел къагӀидабаз:

КъагӀидаХаслъи ва хӀалтӀизабиМисал
Суффиксация-араслияб ва бищун продуктивияб суффиксбохьизе — бохь-ар-изе, хисизе — хис-ар-изе, малълъизе — малълъ-ар-изе
-дарCV тайпадул фигӀлиял аслуязда ва цӀараздаса лъугьарал фигӀлабаздахъвазе — хъва-дар-изе, пузе — пу-дар-изе, хех-дар-изе, щак-дар-изе
-а- бугел тӀоцересел аслуязда ва редупликациял ва гьаркьада релълъарал аслуязда.лъалъазе — лъалъа-д-изе, чӀаразе — чӀара-д-изе; мими-д-изе, къвакъва-д-изе, гӀергӀе-д-изе
-ахъдхурхинабула жидер тӀоцересел такрарлъул формантал ругел аслуяздакӀобокӀ-ахъд-изе, бекер-ахъд-изе, багъар-ахъд-изе
-деаслияб къагӀидаялъ сонорияб, ларингалияб яги лабиалияб гьаракь бугел аслуяздагьализе — гьал-де-зе, кьвагьизе — кьвагь-де-зе, ахӀизе — ахӀ-де-зе, амма къап-е-зе, хьвагӀ-е-зе
-анхъбагъа-бачариялъул фигӀлабаздаборжине — борж-анхъ-изе, билълъине — билълъ-анхъ-изе, белъизе — белъ-анхъ-изе
Аблауту/и > еаслияб къагӀидаялъ CVRC тайпаялъул аслуязда, ударениялъ бакӀ хисулагъа́нчизе —гъанч-е́-зе, пи́рххизе — перхх-е́-зе, кӀу́тӀизе — кӀетӀ-е́-зе
Ударениялъ бакӀ хисикӀа́нцӀана — кӀанцӀа́на, хӀа́нчӀана — хӀанчӀа́на
Кьибилалъул редупликациябихьизабула ишалъул цо чанго фаза букӀинкъотӀизе — къотӀ-къотӀизе, хъарсине — хъарс-хъарсине, кьуризе — кьур-кьуризе
Баян: цо-цо фигӀлабазул такрарлъул формаби лъугьуна кӀиго къагӀидаялъги: кӀутӀизе — кӀетӀезе (аблаут) — кӀутӀ-кӀутӀизе (редупликация)

Жинда жаниб аслияб ахӀвал-хӀалалде агенсалъул роль бугев гӀахьалав чи яги гӀахьалаб иш, тӀагӀел (ва/яги гӀилла) тӀаде вачӀин/жубай лъугьунеб борхизабулеб активияб деривациялъул тайпалъун ккола каузатив, гьелъ бихьизабула иш гьабизабизе тӀами. Лъугьуна каузативиял формаби инфинитив ва гьа-б-изе кумекалъул фигӀлу цоцалъе иналдалъун (инфинитивалъул ахираб рагьараб ва кумекалъул фигӀлуялъул байбихьул гь- тӀагӀуна): гьабизе — гьабизабизе, хӀалтӀизе — хӀалтӀизабизе, хъвазе — хъваз-а-б-изе.

Классалъул (жинсияб) категория

Авар мацӀалъул фигӀлаби рукӀуна жидер кьибилалда жинсияб гӀаламат бугелги ва гӀаламат гьечӀелги. Жинсиял гӀаламатал (в-, й-, б-, р-) гъорлъ ругел фигӀлабазул букӀуна ункъабго классалъулаб форма, гьел формабазул кумекалдалъул фигӀлу хасаб жинсалда бугеб цӀаргун рекъон ккола: вас в-ачӀана, яс я-чӀана, къо б-ачӀана, ниж р-ачӀана.

Заманалъул категория

Авар мацӀалъул фигӀлуялъул системаялда руго синтетикиял ва аналитикиял заманалъул формаби. Синтетикиязде гъорлъе ккола:

  • гьанжесеб гӀаммаб заман, жинца кидаго лъугьунеб ялъуни жиндир заманаялъул гӀурхъи гьечӀеб иш бихьизабулеб (суффиксал -(у)ла/-уна);
  • бачӀунеб заман, жинца лъугьине бугеб иш бихьизабулеб (суффиксал: -(и)ла/-ина);
  • араб заман (аорист), жиндица цебе лъугьараб иш бихьизабулеб (суффиксал: -(у)на, -(а)на);

Аналитикиял формаби лъугьуна гьанже заманалъул сипат-фигӀлу (бутӀагьаби, яги причастие), араб заманалъул трансгрессив ва инфинитив «букӀине» фигӀлуялъул финитияб формагун цадахъ лъун. Аналитикиял формабазде гъорлъе уна:

  • Гьанжесеб баянаб заман (гьанже заманалъул сипат-фигӀлу + гьанже заманалъул кумекалъул фигӀлу) — бихьизабула иш, жиб гьабулеб бугеб каламалъул заманалда лъугьунеб бугеб: дун вухӀулев вуго!; гьанжесеб гӀаммаб заманалъул формаялде бугеб кумекалъул фигӀлуялъ аналитикияб формаялъе кьола итеративияб магӀна: Кинабго жо хисулеб-сверулеб букӀуна.
  • Перфект (араб заманалъул трансгрессив + гьанже заманалъул кумекалъул фигӀлу) — бихьизабула цебеккун гьабун бахъараб иш, жиндир хӀасил гьанжесеб заманалде бугеб: дун гьанже сахлъун йиго; кӀиявго хутӀун вуго.
  • Имперфект (гьанже заманалъул сипат-фигӀлу + араб заманалъул кумекалъул фигӀлу) — бихьизабула иш, жиб араб заманалъул цо къотӀелалда лъугьунеб букӀараб: Балеб букӀана цӀад (ХӀ. Р.).
  • Плюсквамперфект (араб заманалъул трансгрессив + араб заманалъул кумекалъул фигӀлу) — бихьизабула араб заманалъул цо параялде гьабун лъугӀараб иш яги гьелъул хӀасил (араб заманалдаго): Ахирал соназ эмен захӀматго унтун вукӀана (ХӀ. Р.).
  • БачӀунеб баянаб заман (инфинитив + гьанже заманалъул кумекалъул фигӀлу) — бихьизабул иш, жиб бачӀунеб заманалда лъугьине кватӀичӀого лъугьине бугеб (гӀемерисеб букӀуна гьабизе ялъуни лъугьине ккеялъул сипат): Ясалъ ретӀел хисизе буго.

Араб заманалъул формаби гьединго лъугьине бегьула гьанжеселдаса -ан суффиксалъул кумекалдалъун[24]: Дун хонжрокьа хӀинкъулаан.

Буссинабиялъул (модусалъул) категория

Авар мацӀалда фигӀлуялъул буго анкьго буссинаби: хабарияб, тӀалабияб, шартӀияб, суалияб, мурадияб, теялъулаб ва гьесизарул.

  • Хабарияб буссинаби (индикатив) — бичӀчӀизабула процесс реалияб букӀин, иш хӀакъикъаталда лъугьин, гьелдехун субъекталъул (агенсалъул) бугеб бербалалъи рикӀкӀинчӀого; хӀалтӀизабула киналниги заманалъул формабигун: гьабуна, гьабула, гьабила, гьабулеб букӀана, гьабулеб буго, гьабулеб букӀина, гьабун букӀана, гьабуна буго, гьабун букӀина, гьабулаан, гьабизе буго.
  • ТӀалабияб буссинаби (императив) — бичӀчӀизабула тӀалаб гьаби, буюрухъ, малъи, мисалалъе: гьаб-е, хӀалтӀе, хъвай. Императивалъул суффиксал ккола -е: бос-е, хӀалтӀ-е, цӀал-е; (аслу е хутӀизегӀан цогидал рагьаразда лъугӀулел): лъа-й, кӀалъа-й, хъва-й, амма ккве, тӀе; -а (транзитивиял фигӀлабазул бутӀаязул, жидер аслуялъулъ Се структура бугел, яги инфинитивалъул форма -ине бугел): а, вачӀ-а, чӀа.
  • ШартӀияб буссинаби (субъюнктив) — субъективияб бербалагьиялдалъун бихьизабула лъугьине рес бугеб, анищаб, шартӀияб иш, мисалалъе, гьабу-ни, хӀалтӀани, хъвани. Субъюктивалъул суффиксал ккола -ни ва -ани.
  • Суалияб буссинаби — фигӀлияб ишалъул цӀехей, гьикъи бичӀчӀизабула[25], хӀалтӀизабула суалиял жумлабазда суалияб рагӀиги гьечӀого[26]. Лъугьуна -ищ бутӀаялъул кумекалдалъун: гьабунищ, хӀалтӀанищ, хъванищ.
  • Мурадияб буссинаби (оптатив) — бихьизабула фигӀлияб ишалдехун кӀалъалесул рекӀел мурад, лъие букӀаниги щиб букӀаниги гьари, нагӀана кьей ва хьами. Лъугьуна императивалде тӀаде -ги суффикс жубаялдалъун: гьабе-ги, хӀалтӀаги, хъваги.
  • Теялъулаб буссинаби — бихьизабула кӀалаълесул рекӀел мурадалда, къасдалда, гьабураб ишалъул, ялъуни лъугьа-бахъиналъул гӀаксалда кколеб иш. Лъугьуна субъюнктивалде тӀаде -ги жубаялдалъун: гьабуни-ги, хӀалтӀаниги, хъваниги.
  • Гьесизарул буссинаби — бихьизабула фигӀлияб ишалдехун къасд, гьесизари: гьабилин, хӀалтӀилин, хъвалин.
ГьечӀолъиялъул форма
Транзитивлъи

ФигӀлуялъул битӀараб тӀадежубайгун (пациенсгун) бухьен гьабизе кӀвеялде балагьун, авар мацӀалъул фигӀлаби рикьула транзитивияздеги транзитивиял гурездеги.

Транзитивияб фигӀлуялъе жумлаялда жаниб букӀине ккола битӀараб тӀадежубай яги пациенс, жинде тӀаде субъекталъ гьабулеб иш кколеб: васас (агенс, акт. и.) кагъат (пациенс) Халип:КӀихӀучч (иш). Гьаниб «хъвазе» фигӀлу ккола транзитивияблъун, ай жинца пациенсалда (ишалъул объекталда) хурхенлъи тӀалаб гьабулеб, гьеб гьечӀого ишалъул магӀна загьирлъуларо.

Авар мацӀалъул транзитивияб фигӀлугун бугеб агенс гӀемерисеб букӀуна актив игӀрабалда: дица (агенс, акт. игӀр.) хӀалтӀи (пациенс) Халип:КӀихӀучч (иш); лъай босул, жо рагӀиялъул, бичӀчӀиялъул фигӀлабигун бугеб агенс букӀуна жинда игӀрабалъул (локатив Ӏ) формаялда: дида (агенс, жинда и.) гьеб хабар (пациенс) хеко Халип:КӀихӀучч; рекӀел асар бихьизарулел фигӀлабигун агенс букӀуна кьовул игӀрабалда: дие (агенс, кьов. и.) Халип:КӀихӀучч тӀахьал (пациенс). ФигӀлуялъул аналитикиял формабигун букӀине бугьула эргативияб яги номинативияб конструкция: васас (агенс) хӀалтӀи (пациенс) гьабулеб буго (иш) — эргавтив; вас (субъект) хӀалтӀи (объект) гьабулев вуго (иш) — номинатив.

Транзитивияб гуреб фигӀлабазу жумлаялда жаниб объект гурони, битӀараб тӀадежубай букӀунаро, жибго объект букӀуна аслияб игӀрабалда (номинативалда): ихх (агенс, асл. игӀр.) Халип:КӀихӀучч (иш), гьаниб лъугьараб иш — тӀаде щвана — буссараб буго жибго агенсалде.

Контексталде балагьун, транзитивияб фигӀлу, жиндирго аслу хисичӀого, лъугьине бегьула транзитивияб гуреблъун: Гьес кагъат босун Халип:КӀихӀучч (транзитивияб фигӀлу), гьесул чу чӀалде бищун цебе Халип:КӀихӀучч (транзитивияб гуреб фигӀлу). Гьел фигӀлабазул дифференциация гьабизе бегьула жидер императивалъул суффиксазде балагьун: суффикс бугел ккола транзитивиял (гьаб-е — гьабизе, те — тезе, къотӀе — къотӀизе), суффикс бугел ккола транзитивиял гурел (а — ине, бачӀа — бачӀине, бега — бегизе). Кидаго транзитивияллъун рукӀунел фигӀлабилъун ккола ккола каузативал: хӀалтӀизабула, бачӀинабула, хъвазабула. Кидагосел транзитивиял гуреллъун ккола френквентативал (такрарлъул фигӀлаби): хъвадарула, цӀехолдана, кьвагьдана).

ФигӀлуялъул хасал формаби

Инфинитив
Масдар
Сифат-фигӀлу
Конверб

ТӀадрагӀи (адверб)

ТӀадрагӀиялъ авар мацӀалда баян гьабула фигӀлуялъ бихьизабулеб иш лъугьараб куц, заман, бакӀ ва гьеб лъугьиналъе гӀилла-мурад. Жумлаялда жаниб тӀадрагӀи букӀуна хӀаллъун, ва гьеб хурхараблъун букӀуна предикаталда: жакъа дун цудунго вахъана — гьаниб цудунго абураб тӀадрагӀиялъ бихьизабун буго иш лъугьараб заман, ва гьеб вахъана абураб предикаталда бухьараб буго. ТӀадрагӀиялъе жаваблъун рачӀуна кин?, кибе?, киб?, кисан?, щай?, щиб гӀиллаялъе гӀоло?, щиб мурадалда?, гӀадал суалал.

ТӀадрагӀиялъул рукӀунаро рагӀи хисиялъул формаби, амма авар мацӀалда руго цо-цо тӀадрагӀаби, жидер данде ккезариялъул суффиксал ругел: аскӀо, аскӀо, жани, це-б-е, хаду, гьани ва ц. Чанго бакӀалъул тӀадрагӀи хӀалтӀизабула заманалъул магӀна кьезеги. ГӀемерисел бакӀалъул тӀадрагӀабазул дифференциация гьабула локативалъул, аллативалъул ва аблативалъул формабазде: жани-б, жани-б-е, жани-са.

ГӀуцӀиялъул рахъалъ авар мацӀалда тӀадрагӀаби рикьула кӀиго тӀелалде: асляздеги лъугьараздеги. Аслиял ккола жал цоги каламалъул бутӀаяздаса жал лъугьинчӀел: сон, метер, жакъа, сах, лъикӀ, хъахӀ, берцин ва гь. ц. Гьездехун рекӀинабизе бегьула кутаклъизабулеб бутӀа — -го (сон-го, метер-го). Аслиял тӀадрагӀабаздаса лъугьуна цогидал каламалъул бутӀаби:

  • сифатал: сахаб, лъикӀаб, хъахӀаб, берцинаб;
  • цӀарал: сахлъи, лъикӀлъи, хъахӀлъи, берцинлъи;
  • фигӀлаби: сахълъизе, лъикӀлъизе, хъахӀлъизе, берцинлъизе;
  • сифат-фигӀлаби: сахлъараб — сахлъун; лъикӀлъараб — лъикӀлъун, хъахӀлъараб — хъахӀлъун, берцинлъараб — берцинлъун;

Лъугьарал наречиял ккола жал цоги каламалъул бутӀазабаздасан лъугьарал:

ЛъугьунаЛъугьунеб къагӀидаМисал
ЦӀаралдаса
  • кин?
  • кида?
  • кин?
  • -къ суффиксалъул кумекалдалъун
  • -дал суффиксалъул кумекалдалъун
  • -са суффиксалъул кумекалдалъун
  • ретӀел — ратӀликъ; квен — кваникъ; куц — коцокъ
  • рии — риидал; их — ихдал; кьин — кьиндал
  • хьибил — хьибил+са; дегӀен — дегӀен+са
ЦӀарубакӀаздаса
  • киб?
  • кин?
  • суффиксалъул кумекалдалъун
  • -ин суффиксалъул кумекалдалъун
  • доб — доб+а; лъоб — лъоб+а
  • гьаб — гьадин; доб — додин; гъоб — гъодин
РикӀкӀеназдаса
  • кин?
  • -ихъе суффиксалъул кумекалдалъун
  • кӀиго — кӀийхъе; лъабго — лъабихъе
Конвербаздаса
  • кин?
  • -иса суффиксалъул кумекалдалъун
  • -хъе суффиксалъул кумекалдалъун
  • битӀун — битӀуниса; бегун — бегуниса
  • бицун — бицухъе; вижун — вижухъе

МагӀнаялъул рахъалъ авар тӀадрагӀаби рикьула хадусезде:

  • Кинлъи бичӀчӀизабулел тӀадрагӀаби (кин? щиб куцалда?): циндаго, гьартӀан, гьединго, лъикӀ, квеш;
  • Заманалъул тӀадрагӀаби (кида? кидалъагӀан?): сон, жакъа, нолъ, риидал, метер, сезе, лезе, гьанже, кидаго, рогьинегӀан;
  • БакӀалъул тӀадрагӀаби (киб? кибе? кисан?): квараниса, квегӀиса, рикӀкӀад, тӀасан, добасан;
  • Къадаралъул тӀадрагӀаби (кигӀан? кигӀаналъ?): гӀемер, дагь, миркалъ;
  • ГӀилла-мурадалъул тӀадрагӀаби (щай? щибизе?): щайго, чӀалгӀаде, махсараде;

Цо-цо тӀадрагӀаби, сифатал гӀадин, жинсалде балагьун, цолъул яги гӀемерлъул формалде балагьун, хисула, амма тӀадрагӀабазулъ бачӀуна суффикс, сифатазда гӀадин бачӀунаро: хадув, хадуй, хадуб, хадур.

СуалМисал
кибе?рикӀкӀаде
киса(н)?рикӀкӀадаса(н)
киб?рикӀкӀад
кида?радал
кидаялде?радалалде
кидаялдаса(н)?радалалдаса(н)

Дандраял

Авар мацӀалда дандраял хӀалтӀизарула рагӀаби яги жумлаял дандразе; гьел рикьула чанго тайпаялде:

ДандрайХӀалтӀизабулаХаслъиМисал
Цолъизарул
-ги[lower-alpha 1]кӀиго рагӀи, ялъуни кӀиго жумла цоцазда бухьинабизеккола авар мацӀалъул жиндирго букӀараб дандбай; кӀиябго рагӀулъ, я жумлаялъулъ гьеб такрарлъула, ва рагӀуда рекӀун хъвалаВас гьечӀого кавуги хутӀутеги, яс гьечӀого эбелги хутӀутеги (К.)
ва[lower-alpha 2]кӀиябго рагӀулъ, я жумлаялъулъ такрарлъуларо, цохӀо нухалъ рехсон букӀуна кӀиябго жиндица бухьун бугеб рагӀулъ; хъвала батӀаго.Гьениб Нажмудиница гьесие къого тумен кьела ва цо лъагӀелалъ бид вахъун балъго Чачаналъе витӀила (ГӀ. Ш.)
жеги[lower-alpha 3]Хъвадаро, тӀамач, жеги къаламги хӀажалъула
гьедингоГӀали, МухӀамад, гьединго дун экскурсиялъ ун рукӀинчӀо.
Гьоркьоса бахъиялъул
якӀиго рагӀи, я кӀиго жумла цоцазда данде кквезе яги гьоркьоса бахъизекӀиябго цоцазда данде лъолеб рагӀуда цебе лъун такрар гьабула ва батӀа тӀун букӀунаЯ нижее, я машинаялъе кӀудияб зарал ккечӀо (Р. хӀ.)
ялъуниДуца гьеб иш тӀубай, ялъуни тӀаде босуге.
Данде ккунгутӀиялъул дандраял
аммакӀиго рагӀи, я жумла данде ккунгутӀи бихьизабизеЖивго жинцаго чӀвазе захӀматаб амру гуро,

Амма яхӀ бугес гӀумру гӀаламалъе цӀунула (цӀ. хӀ.)

Релълъенлъиялъул дандраял
гӀадинцо рагӀи цогиялда релъараб букӀин бихьизабизежубараб нахъбиллъараб жумлаялъулъ релълъенлъиялъулаб магӀна кьолаКвачӀида бахъун чӀараб гьалагаб барти гӀадин, гӀурул лъимер, щай ралъад, мун речӀчӀанхъулеб бугеб? (М. Гъ.)
кинигиЧед бортараб таргьа кинигин (К.)
Нахъбилълъиналъул дандраялъулал рагӀаби
щай абуниЖубараб нахъбилълъараб жумлаялъулъ бетӀерабги, гьелда барабги жумла бухьинегӀилла-мурадалъулаб магӀна кьолаМетер дарсиде рачӀуне кколаро, щай абуни метер байрам буго.
щай гурелъулМашина бачун бажаруларо, щай гурелъул нухда биццатаб гӀазу буго.
гьелъие гӀолохӀасил бичӀчӀизабулеб магӀна кьолаГӀиял магӀарде рагъарана, гьелъие гӀоло гӀи тӀобитӀизе гӀолохъаби къватӀир рахъана.
гьединлъидалМикьго тӀубана, гьединлъидал нижги школалде ана.
гьелдалъунДоб мехалъ орденги цӀарги цӀакъ къанагӀатаб ва гьелдалъун къиматаб букӀана (хӀ. Р.)
гьебмехалъзаманияб магӀна бичӀчӀизабулеб магӀна кьолаМухӀамадихъе хабар щвана, гьебмехалъ гьев къватӀив вахъана.
гьеб заманалдаДица университет лъугӀизабила, гьебмехалда лъугьина хӀалтӀизе
  1. Авар мацӀалъул жиндиргояб дандбай, гьелъул басриял формабилъун рукӀана -гиму/-гимо, халкъиял кучӀдузулъ жеги дандчӀвалел
  2. Ккола гӀараб мацӀалдаса бачӀараб дандбайлъун.
  3. жеги союзалда хадуб бачӀунеб рагӀуда хадуб гӀемерисеб -ги союзги хъвала.


БутӀаби

БутӀабаз жумлаялда жаниб цо-цо рагӀабазде тӀаде жураялдалъун гьел рагӀабазе батӀи-батӀияб магӀна кьола. Жибго батӀаго босун цониги бутӀа каламалда жаниб хӀалтӀизабуларо, гьелъул жиндирго магӀнаги букӀунаро. гӀемерисел бутӀабаз рагӀабазул магӀна батӀи-батӀияб рахъалдаса кутаклъизе, мухӀканлъизе гьабула. Цо-цо мехалда гьел хӀалтӀизарун рукӀине бегьула суффиксазул бакӀалдаги. Авар мацӀалда гӀемер руго бутӀабазул кумакалдалъун лъугьарал тӀадрагӀаби, рикӀкӀенал, ва гь. ц.: щай — щай-го, кида — кида-го, щуго — щу-цӀул, нусго — нус-цӀул. БутӀабазул кумакалдалъун лъугьуна цӀиял рагӀабиги: масала, фигӀлуялъул суалияб хисизаби форма: босула — босул-ищ, кьола — кьол-ищ. Цо-цо бутӀабаз кӀалъалесул рекӀел асар загьир гьабула; гьелда рекъон рагӀул интонация хисизабизе ккола, логикияб ударение гьеб рагӀуде тӀаде кколедухъ[27]. БутӀабазул тӀелал:

  1. тӀадрагӀабазул магӀна кьолел: -гӀан, -го, -са, -хун, -лъул, -духъ, -лъун, -ги
  2. дандекквеялъул магӀна кьолел: -гӀан, -гӀанаб, -гӀадинаб (гӀадаб), гӀадин, кинигин
  3. къадар бихьизабулел: -гӀан, -го
  4. батӀагьабиялъул: -цин, -ни, -ин, -йин
  5. баян гьечӀолъи бичӀчӀизабулел: -алиго, -ялиго
  6. цадахълъи бихьизабулел: -гун (-гин)
  7. суалиял: -ищ, -йищ, -дай
  8. цитатиял: -ан, -ян, -илан, -йилан
  9. рагӀул магӀна гучлъизабулел: -ин, -йин, -али, -яли, -гӀаги, -го, -цин, -ха, , -щинаб.

Гьел тӀадехун рехсаразде гьорле унарел бутӀаби:

  • -гутӀи (гьечӀолъиялъул магӀна кьола)
  • -лъун (щивлъун? щийлъун? щиблъун? щаллъун? суалазе жаваблъун рачӀунел рагӀабигун хӀалтӀизабула)
  • гӀоло (мурад бихьизабула)
  • хӀакъалъулъ (лъил яги сундул бицунеб бугебали баян гьабула)
  • -хӀа (гьедиялъул форма лъугьине хӀалтӀизабула)
  • -ани (анищалъул магӀна кьола).

ГӀемерисел бутӀаби авар мацӀалда хъвала жал хурхарал рагӀабазда рекӀун, гьеб асасалдаса гьоркьосарахъиял руго хадусел:

  1. ГӀоло, гӀадаб (гӀадинаб). хӀакъалъулӀ, гӀадин, кинигин хъвала ратӀа тӀун.
  2. БитӀараб калам баян гьарулел цитатиял бутӀаби -ан, -ян хъвала тиреялдаса хадур.
  3. илан, йилан ругел бутӀаби хъвала гьел хурхарал рагӀабаздаса дефисаллъги ратӀа гьарун.

ХадурегӀел

Авар мацӀалда буго гӀурабго къадар хадурегӀелазул, гьезул функция — бакӀалъулал гьоркьолъаби рихьизари. ХӀадурегӀелал рукӀуна цӀаразда хадур, ва гьез цӀаразда цадахъ гӀуцӀула цоккураб рагӀабазул дандбай — хадурегӀелалъулаб конструкция, жинда жаниб синтаксиял хурхенал загьир гьарулеб. ИгӀрабиял формабазда цадахъ хадурегӀелаз дагьалъги цӀикӀкӀун загьир гьарула рагӀабазул дандраязул компонентазда гьоркьор ругел манзилалъул, бакӀалъул хурхенал. Мисалале: шагьаралда бугеб музей — гьаниб шагьар рагӀул жинда падежалул кумекалдалъун бичӀчӀизабулеб буго музей шагьаралда жаниб букӀин; цоги мисал: шагьаралда аскӀоб бугеб парк — гьаниб жинда игӀрабалда цадахъ хӀалтӀизабун буго аскӀоб хадурегӀел, гьелъ бичӀчӀизабулеб буго парк шагьаралда жаниб гуреб, аскӀаб букӀин[28]. ХадурегӀелал хӀалтӀизаруларо аллативаздаги аблативаздаги цадахъ, хӀалтӀизарула локативгун ва рихьизарула бакӀалъул игӀрабаз жидецаго рихьизарулел сверухъбакӀалъул гьоркьолъаби.

ХӀадурегӀелал ккола кумекалъул рагӀабилъун, гьединлъидал гьел рагӀабазул дандраязул жалго жидедаго чӀарал бутӀабилун кколаро; гьел рагӀабузул дандраязде гъорлъе ккола гӀицӀго цӀаразда цадахъ цо компонент хӀисабалда.

ХадурегӀелал лъугьун руго батӀи-батӀиял каламалъул бутӀабаздаса:

  • тӀадкаламаздаса: цебе, нахъа, хадуб, тӀад, гъоркь, тӀарада, аскӀоб, рикӀкӀад, гъорлъ, гьоркьоб ва ц.
  • цӀараздаса: хьолбохъ, рагӀалда, бакьулъ, сверухъ, тӀагьиб ва. ц.
  • игӀрабалдаса лъугьун буго сверун хадурегӀел.

ЦохӀо гӀоло ккола гӀицӀго хадурегӀеллъун, хутӀарал хадурегӀелал формабаздалъун тӀадрагӀабазда релълъерал рукӀуна. Гьезда гьоркьоб букӀуна магӀнаялъулаб батӀалъи, хадурегӀелал хурхарал рукӀуна цӀаралъул I сериялъул локативгун: тӀад — ганчӀида тӀад, гъоркь — ганчӀида гъоркь, аскӀоб — ганчӀида аскӀоб, хадуб — гьелдаса хадуб[29]. ТӀадрагӀабилъун ругеб мехалъ гьел рагӀабаз бичӀчӀизабула бакӀалъулаб магӀна, киб? кибе? кисан? абурал суалазе жаваблъунги рачӀуна, цогидал тӀадрагӀаби гӀадин гьел рагӀаби жумлаялда жаниб предикаталда рухьарал рукӀуна.

Жидер семантикаялда рекъон хадурегӀелал рикьула лъабго тайпаялде[30]:

  1. жидеца сундул букӀаниги ориентиралдда хурхараб чӀей бугеб бакӀ бихьизабулел: тӀад, гъоркь, гъорлъ, жаниб ва ц.
  2. жидеца сунда букӀаниги гьоркьоб бугеб манзил бихьизарулел: гӀагарда, рикӀкӀада, аскӀоб ва ц.
  3. жидеца цогидаб жоялде дандеккун сундул букӀаниги багъа-бачари бихьизабулел: эхебе, эхеде, гӀебеде, данде, квегӀиса, квараниса ва ц.

СверухъбакӀалъул магӀна кьолел хадурегӀелазул рукӀуна киналниги бакӀазул игӀрабазул формаби (гьоркьосарахъияллъун ккола буссинабиялъул хадурегӀелал: эхебе, эхеде, гӀебеде, квегӀиса, квараниса). Цо-цо хадурегӀелал игӀрабаздеги сверула, гьезул букӀуна локативазул чӀванкъотӀараб сериязул форамаби; хадурегӀелазул игӀраб бараб букӀуна фигӀлияб семантикаялда, гьего заманалда цӀаралъул форма хисуларо. Жинсияб гӀаламат гъорлъ ругел хадурегӀелал лъабабго жинсалдеги ва гӀемерлъул формаялдеги хисула: аскӀов, аскӀой, аскӀоб, аскӀор.[16]

Гьоркьоберех

Авар мацӀалда гьоркьоберехаз бихьизабула кӀалъалев чиясул батӀи-батӀиял хӀалал ва рекел асарал загьир гьаризе. Цого гьоркьоберехалъ, каламалъул бакӀалде ва гьелъул мурадалде балагьун, батӀи-батӀиял асарал ричӀчӀизаризе бегьула. Масала: огь абураб рагӀи рохел, пашманлъи, тамашалъи, хӀинкъи, рекӀекълъи бичӀчӀизабизе хӀалтӀизабун букӀине бегьула. Гьоркьобрехиязда гъорлъе уна ле, огь, я, ия, ияхӀ, вай, гьа, огьо-гьой, вала-лай, ваба-бай, гьай залин, унго, вахӀ, гьуя, гьая. Горкьорехал рикьула хадусел тайпабазде:

  • батӀи-батӀиял рекӀел асарал: вабабай — гӀузру букӀин, гӀажаиблъи, ия — щаклъи, огь — ургъел, роххи, вай — хӀинкъи, къварилъи, ракӀбуссин, ияхӀ, вахӀ — гӀажаиблъи;
  • цо жоялде гьуси: воре — цӀодорлъи гьаби;
  • хитӀаб: ле — бихьинчиясле, йо — чӀужугӀаданалде;
  • аскӀоре ахӀи (хӀайванал ахӀизе/хъамизе).

Гьоркьоберехазде гьоркьоре уна гьединго алхӀамдули-лагь, шукру Аллагьасе! гӀадал цочӀарал калимабиги. Гьоркьоберахездехун хурхинарула гьединго гаркьазул къагӀидабиги.[31]

Гьоркьорехал рукӀуна гӀадаталги журалралги. Журарал хъвала гьоркьоб хӀучч цӀан (гьа-гьа, ваба-бай). Цоцада хадуб чанго гьоркьоберех хъван бугони, гьезда гьоркьоб рачӀ-тӀанкӀ (лъалхъул ишара) лъола. Горкьоберехазда хадур хӀалтӀизарун ругони бутӀаби, гьел гьоркьоберехгун рекӀун хъвала (унхале, огьха).[16]

РагӀи лъугьин

Авар мацӀалда раги лъугьунеб къагӀидаялде гъорлъе уна морфологияб, рагьарал хиси (аблаут), сифатазул ва сифат-фигӀлабазул субстантивация, рагӀиккун буссинаби,[32] рехсон буго гьединго метатония, жиб цо-цо рагӀабазулъ гурони данде чӀвалареб.[33] Суффиксация буго бищун гӀемер дандчӀвалеб рагӀи лъугьиналъул къагӀида; цӀарал лъугьиналъул бищун кӀвар бугеблъун рикӀкӀуна аслу жубай[34].

Аслиял суффиксазде гьоркьоре уна:

  • цӀарулал суффиксал, жидеца персоналияб магӀнадул рагӀаби лъугьинарулел: -гьан (гьобо — гьаби-гьан), -ко (вац — ваца-ко), -хъан (хъвадари — хъвадару-хъан, хӀалтӀи — хӀалтӀу-хъан), -чи (илхъи — илхъи-чи, хъулухъ — хъулухъ-чи, гӀолохъан-чи); чӀужуялъул жинсалъе хӀалтӀизабула суффикс -чӀужу: гӀолохъан-чӀужу, хъулухъ-чӀужу;
  • экспрессивиял магӀна бугел рагӀаби лъугьинарулел: (тӀехӀ — тӀохӀо-к, чӀехӀ — чӀохӀо-к), (хӀинкъи — хӀинкъу-ч);
  • абстрактивиял цӀарал лъугьинарулел (цӀаразул, къокъал сифатазул ва тӀадрагӀабазул битӀараб аслуялдаса): -лъи (бакъ — бакъ-лъи, гьобол — гьобол-лъи, цо — цо-лъи).
  • цогидал цӀарал лъугьинарулел: -(р)ко (къед — къада-ко, гъветӀ — гъотӀор-кӀо), кӀо (яс — яси-кӀо).
  • цӀарулал суффиксал, жидеца батӀи-батӀияб предметиял магӀнаби кьолел: -ел/-ен (инфинитиваздаса; ретӀине — ретӀел, хвезе — хвел, рикӀкӀине — рикӀкӀен), -ро (фигӀлабаздаса алатазул цӀарал лъугьинабизе: хъухъадизе — хъухъади-ро, борлъизе — борлъа-ро, гьищтӀизе — гьещтӀе-ро),[35] -ло (фигӀлабаздаса алатазул цӀарал лъугьинабизе: кӀерезе — кӀеле-ро, гиризе — гере-ло; цӀараздаса: сума-ло).[36]
  • сифатал лъугьинарулел суффиксал: -а-/-я-, -ия- (лъугьуна аслияб яги хаслъул игӀрабалда бугеб царалдаса, цӀарубакӀаздаса ялъуни тӀадрагӀабазул къокъал формабазул: жага — жага-ду-л-а(б), гьереси — гьереси-я(б), гӀелму — гӀелм-ия(б)/гӀелму-я(б)[37]), -се-/-исе- (тӀадрагӀабаздаса: жакъа — жакъа-се-б, метер — метери-се-б, гӀадада — гӀадада-се-б), -укъ- (цӀараздаса: гӀин — гӀинз-укъ-аб, нах — нах-укъ-аб, суффиксалъ кьола гьечӀолъиялъул магӀна).

Авар мацӀалда буго рагӀи хисулеб конверсиялъулаб форма, гьеб бихьизабун букӀуна лексемаздалъун: гӀалилав, бахӀарай, рекӀарав. Гьеб ккола тӀубараб субстантивация, амма гьеб гуребги дандчӀвала тӀубараб гуреб ва окказиалияб субстантивация.[38]

Синтаксисгун-морфологияб къагӀидаялдалда лъугьуна жубураб рагӀи, ай кӀиго рагӀи тӀатӀалде жубан. Гьединал журарал рагӀабазул авар мацӀалда буго 30-гӀанасеб тайпа; гьезда гъорлъ:

  • ЦӀарал лъугьунел:
    • асл. цӀар + асл. цӀар: гъалбацӀ (гъал+бацӀ), варанихӀинч
    • хъва. цӀар + асл. цӀар: гьакибер (гоко>гьакил — хас. и.), гъадиражи (гъеду>гъадил + ражи);
    • сиф. + цӀар: беццабакь (беццаб + бакь);
    • рикӀкӀ. + цӀар: ичӀгьод (ичӀго + гьод);
    • тӀадр. + цӀар: тӀадрагӀи (тӀад + рагӀи), нахъарукъ (нахъа + рукъ).
    • фигӀ. (с-фигӀ.) + цӀар: цӀурачед (цӀураб + чед);
    • цӀар + фигӀ. (аслу): гӀакълугьечӀ (гӀакълу + гьечӀо);
  • Сифатал лъугьунел:
    • цӀар + сиф.: лахӀчӀегӀераб (лахӀ + чӀегӀераб);
    • сиф. + сиф.: бецӀбагӀурччинаб (бецӀаб + гӀурчӀинаб);
    • рикӀкӀ. + цӀар: ункъбокӀонаб (ункъго + бокӀон);
  • ФигӀлаби лъугьунел:
    • тӀадр. + фигӀ.: тӀадкъазе (тӀад + къазе);
    • цӀар + фигӀ.: гӀинтӀамизе (гӀин + тӀамизе).

Гьел цере рехсарал гурелиги руго рагӀаби лъугьунел къагӀидаби: семантикиял рахъалъ гӀагар рагӀаби журан лъугьарал фигӀлаби лъугьинари, рагьарал гьаркьал хиси (рикӀкӀин — рикӀкӀен, квин — квен) ва калькирование — батӀиял мацӀазул рагӀаби авар мацӀалде рагӀиккун руссинаби: маххул нух (гӀур. 'железная дорога'), цеберагӀи (гӀур. 'предисловие')[39].

Синтаксис

Лексика

Сводешил сияхӀ

Халип:Сводешил сияхӀ/Авар

Жиндирго лексика

Авар мацӀалъул гӀизагӀанго бечедаб лексика буго. Киназего гӀахьалаб лексикалъул, ай жал адабияталъул мацӀалъул кколел, жал щулаго ва халатаб заманалъда ругеб, жидедеса цӀиял рагӀаби лъугьинеги рес бугел рагӀабазде гьоркьоре уна инсанасул черхалъул, лугбузул цӀарал (квер, бер, кӀал, мегӀер, гӀин ва гь. ц.), хъизаналъул ва гӀагарлъиялъул цӀарал (вац, яц, эбел, эмен, вас, яс, вацгӀал, яцгӀал, чӀужу, рос ва гь ц.), хӀалтӀул цо-цо алатазул цӀарал (пуруц, рукь, хъухъадиро, квартӀа, гъецӀ ва ц.), тӀорщалил ва пихъазул цӀарал (ролъ, цӀоросоролъ, пурчӀина, гӀеч, гени, курак, цӀибил, цӀулакьо ва ц.), рукъалъул ва цо-цо гмалхул хӀайваназул цӀарал (гӀака, оц, цӀцӀе, чу, хӀама, куй, кету, гьой, гӀанкӀ, цер, бацӀ ва ц.), хӀинчӀ-гъедуялъул ва хӀутӀ-хъумуралъул цӀарал (гъеду, цӀум, микки, цӀунцӀра, тӀутӀ, оцхӀутӀ ва ц.), кванил тӀагӀамазул цӀарал (чед, хинкӀ, лъим, гӀатӀ, рахь, нису, нах, гьан, гьоцӀо ва ц.), мина-къаялъул, рукъалъул цӀарал (рукъ, гордо, нуцӀа, тӀох, хӀуби, чӀалу, рахи, къед, бокь ва ц). Гьединго авар мацӀалъул жиндирго рагӀабилъун ккола цӀарубакӀал (дун, ниж, нилъ, мун, дов, ав, щив ва ц), рикӀкӀенал (цо, кӀиго, лъабго, ункъго, щуго, анлъго, анкьго, микьго, ичӀго, анцӀго, къого, лъеберго, нусго, азарго ва ц.). Киназего гӀахьалал рагӀаби авар мацӀалда руго цо хасаб пиша-махщелалда хурхаралги.

Цогидал мацӀаздаса рачӀарал рагӀаби

Авар мацӀалъул жиндир цебетӀеялда жаниб цогидал мацӀалгун гӀемерал хурхенал рукӀанлъ авар лексикаялде рачӀана цогидал мацӀазул гӀезегӀан рагӀаби. Аслияб къагӀидаялъ, къватӀисеб лексика бачӀана авар мацӀалде гӀараб, парс, тюрк ва гӀурус мацӀаздасан (ай цоги мацӀаздаса гьездеги рачӀун, гьездласа аваралде щварал), цӀакъго некӀсияб къватӀисеб лексика буго гуржи мацӀалдасан бачӀараб. Гьанжесеб заманалда цӀияб лексика буго ингилис мацӀалдасаги бачӀараб.

ГӀарабизмал

ГӀараб мацӀалъул рагӀаби рачӀине байбихьана авар мацӀалде Ислам тӀибитӀиялда цадахъ, ай IX гӀасруялдаса байбихьун. ГӀараб мацӀадаса рачӀарал рагӀаби рикьула хадусел лексикиябгин тематикиял тӀелазде:

  • Диналда хурхарал рагӀаби: Аллагь, Къуръан, ахират; тавбу, дин, иман, ислам, рухӀ; гӀаламат, сихӀру; имам, къади, дугӀа, мажгит, къурбан, садакъа ва ц.
  • Абстрактиял (магӀнавиял) бичӀчӀи́ял: аслу, баракат/баркат, гӀакълу, гӀумру, далил, даража, дуниял/дунял, жинс, захӀмат, зулмат , ишара ва ц.
  • Моралиялгун этикиял бичӀчӀи́ял: адаб, гӀайиб, гӀамал, ихтияр, намус, питна, рахӀмат, сабру , такъсир, хӀурмат ва ц.
  • ГӀадамазда гьоркьор хурхенал рихьизарулел рагӀаби, жамгӀиябгун сиясатиял ва экономикиял терминал: васият/васигат, гӀадат, жаваб, жамагӀат, инкъилаб, мажлис, маслахӀат/маслигӀат, наслу, сиясат, суал, тарбия, тухум, хӀукумат, халкъ, хиянат ва ц.
  • ГӀадамал ва пишачилъи рихьизарулел рагӀаби: ахӀмакъ, гӀадан, залим, инсан, наиб, нафс/напс, пакъир, пиргӀан, тӀабиб, хӀаким, ятим ва ц.
  • Гьунаралъул, гӀелмуялъул, лъай щвеялъул лексика: гӀелму, дарс, жуз, къалам, мактаб, мисал, тарих, хӀарп, хӀисаб, хатӀ ва ц.
  • Грамматикиял терминал: игӀраб, масдар, сигъа, сарп, сифат, фигӀлу, хӀалат ва ц.
  • Къиматиял сипат-суратал, хасиятал рихьизарулел рагӀаби: гӀадил(аб), гӀажаиб(аб), жагьил(аб), машгъул(аб), машгьур(аб), хӀадур(аб) ва ц.
  • РетӀел-хьиталъул, тӀад балеб гӀарац-меседалъул, рукъалъул къайи-матахӀалда цӀарал: гӀаба, киса, мискъал, сапун, сундукӀ, сундус, сурпа ва ц.
  • ГъветӀ-хералъул ва хӀайваназул цӀарал: гӀанкабут, пил, тӀавус, хӀайван, щитил ва ц.
  • Ригь-цӀаялъул ва гьелъул бутӀабазул цӀарал: гъурпа, хӀужра, жанахӀ, майдан, махӀла, хӀамам ва ц.
  • ТӀабигӀаталда лъугьунел хиса-басиязул ва минералазул цӀарал: тӀупан, гьава, алмас , якъут, маржан, жавгьар, мармар ва ц.
  • НигӀматазул цӀарал ва гьезда хурхарал: лукъма, нигӀмат, ризкъи ва ц.
  • Лага-черхалда хурхарал цӀарал: жаназа, сипат ва ц.

Парсизмал

Парс мацӀалдаса рачӀарал рагӀаби рикьула:

  • Рукъалъулги гӀалхулги хӀайваназда цӀарал ва гьезда хурхарал рагӀаби: гамущ, жайран, жанавар, каптар, каркадан ва ц.
  • ГъветӀ-хералъул цӀарал: габани, нар, наргиз, хурма, чинари ва ц.
  • ГӀадамал рихьизарулел рагӀаби ва гьезда хурхарал: мирза, падишагь / пача / па(р)чахӀ, палугьан, сардар, тушман ва ц.
  • Ригь-цӀа ва гьелда релъаралда хурхарал рагӀаби: азархана, амбар, ашбаз, базар, чадир, шагьар, шагьра ва ц.
  • РетӀел-тӀехалъул, рукъалъул къайи-матахӀалъул, алатазул цӀарал ва ц.: гӀабаси, дарай, караван, махмар, палас, пама, пардав, таргьа, тӀарс, чайдан ва ц.
  • Квен-тӀехалъе хӀалтӀизарулел продуктазда, дарабазда ва ц. цӀарал: пиринчӀ, пулав, хайгин, чакар ва ц.
  • Абстрактиял бичӀчӀи́ял, маргьадулал рухӀчӀаголъабазул цӀарал:дард, кумек, пиша, чара; аздагьо ва ц.
  • Сифатал, тӀадрагӀаби, кумекалъул рагӀаби ва цогидар каламалъул бутӀаби: багьа(яб), пашман(аб), таза(яб); нагагь, азарго, назук(аб) ва ц.

Тюркизмал

ГӀурусизмал

ГӀурус мацӀалдасан гӀемерал рагӀаби рачӀаниги, авар мацӀалда жалго гӀурус рагӀабазул гъат буго гӀезегӀан загӀипаб. Аслияб къагӀидаялъ, гьел рагӀаби ккола совет заманалъул рагӀаби, жакъа къоялде жал басралъарал, жидер актуаллъи гьечӀел. Гьел хӀалтӀизабиги буго араб низамалъул хутӀелалдеги ва гьанжесеб сиясаталде ва гӀурус тӀибитӀизабиялде мугъчӀвараб жо. Борхатаб адабияталда ва гӀелмияб рахъалда хӀалтӀизарула яги авар мацӀалъул жиндирго рагӀаби, ялъуни халкъаздагьоркьосеб лексика.

Интернационализмал ва еропаялъулал мацӀаздаса рачӀарал рагӀаби

Халкъаздагьоркьосеб лексикаялдаса рачӀарал рагӀаби, жидер гӀезегӀан къадар бугеб, ккола авар мацӀалда хӀалтӀизарулел ругел "гӀолохъанал" къватӀисел рагӀабилъун, тарихияб преспективаялда жал цогияздаса хадур рачӀарал. Гьел рагӀаби рикьизе бегьула къойлаб гӀумруялда хӀалтӀизарулездеги хассаб лексикаялдеги, жиб халтӀизаби хассал сферабаз гӀорхъигъинабураб.

РукӀине бегьула: гӀелмуялда ва техникаялда хурхарал (школа, география, космос ва ц.), медициналда хурхарал (медицина, операция ва ц.), адабияталда, гьунарлъиялда хурхарал рагӀаби (автор, гьерой, театр, пьеса ва ц.), рагъулаб хъулухъалда хурхарал (генерал, танк, автомат, гвардия ва ц.), спорталда хурхарал (спорт, рекорд ва ц.), ишалъулал документазул цӀарал (документал, паспорт, акт ва ц.), индустриялда ва гьелъ къватӀибе биччалеб къайиялда хурхарал цӀарал (фактория, цех ва ц.), хъулухъалъул ишазда хурхарал (директор, президент, адвокат ва ц.), , гӀадамал тӀад рекӀун хьвадулел жалазул цӀарал (автобус, машина ва ц.), жамгӀияб гӀумруялда хурхарал (феодализм, социум, конференция ва ц.).

Балагье гьединго

МугъчӀваял

КъватӀисел регӀелал

Халип:Ӏnterwiki

Викикъамусалда буго Авар мацӀалъул рагІабазул сияхІ категориялда «Авар мацӀ»

Халип:Россиялъул мацӀалХалип:Азарбайжаналъул мацӀалХалип:Шималияб Кавказалъул мацӀал

Халип:ТӀаса бищараб макъала

🔥 Top keywords: БетӀераб гьумерЧуСахӀараВикипедия:БаянГӀурус географияб жамагӀатВикипедия:ЖамгӀияб порталВикипедия:БайбихьиВикипедия:Алипбаялъул игІланВикипедия:Гьанжесел лъугьа-бахъиналХъулухъалъулаб:ЦІиял хиса-басиялВикипедия:ГІахьалчагІазул цІаралРоссияВикипедия:ЛъикІ щварал ВикипедиялдеХъулухъалъулаб:ХъирщиВикипедия:Мажлис2023 сонАвар мацӀВикипедияАваралАвар мацІЯпонияЭркенаб контентЦолъараб КъиралатИнгилис мацӀДагъистанКВикипедия:Жакъа тІаса бищараб макъалаХъулухъалъулаб:Дир бахІсПортал:Хал-шалКумек:ВикипедиялдеКатегория:Картабигун гьумералКавказАмерикалъул Цолъарал ШтаталВикипедия:Авторасул хІукъукъалХъулухъалъулаб:Дир хазинаВикипедия:ВакиллъиКудалибПетербурРосуХьаргабиБакълъул мухъАзарбижанХъизихъХунзахъ мухъПаранс1 июнВикипедия:БетӀераб гьумералда гьанжесел лъугьа-бахъинал/КандидаталХуштада19922012 сонДоналд ТрампОсло10 НоябрУнсоколоГьунарлъиСехъЭнциклопедияАваразул ханзабазул сияхӀТуркияБангладешАвстралияКъурушКьанада2016 сонЦІорЕвропа1970АэрофлотВикипедия:Глоссарий2 НоябрКванкьадаХортаКатегория:ГьунарКатегория:ХимияШамаха24 июнГӀочӀлоРоснобКипрПарс мацӀИмам Шамил3 июнАвар мацІалъул свералабиГІондокъори1948Категория:КомпьютералХелекьури росдал боКъардибВикипедия:Хехаб байбихьиялъе баян1964 сонШабдухъАвар мацІалъул тарихФайл:Флаг аварцев.pngВикипедия:Википедиялъул жаниб бугеб жо/Аслиял темебазул сияхIВикипедия:ТӀагӀинариялъеИндираБарнабДилим1898