БолмацӀ
БолмацӀ ("боялъул мацӀ", "аскаралъул, жамгӀияталъул мацӀ", гьединго гьоболмацIцI) ккола жиндида батӀи-батӀиял сверелазда кӀалъалел гӀадамаз цоцада гьоркьоб кӀалъазе хӀалтӀизабулеб букӀараб аваразул «халкъияб» мацӀлъун ("сверелазда гьоркьосеб койне").[1][2])
Сверелазда гьоркьосеб койне | |
БолмацӀ | |
---|---|
Абулеб къагӀида | ˈbol.mat͡sːʼ |
Территория | Аваристан ва гьелъул асаралда гъоркь рукӀарал ракьал |
МацӀалда кӀалъалел | Аварал |
Эра | XIX гӀасруялда цебетӀуна гьанжесеб адабияталъулаб мацӀалде |
Цебесеб форма | |
ГӀараб (Авар хъвай-хъвагӀи) | |
Расмияб статус | |
Расмияблъун бугеб бакӀ | ![]() |
МацӀалъул кодал | |
ISO 639-3 | – |
ЛӀугьана авар мацӀалъул шималияб тӀадкаламалъул кьучӀалда, аслияб къагӀидаялъ хундерил сверелалъул (жанубиял сверелазул цо-цо асаргун).[3]. БолмацӀалъул аслуялда XIX гӀасруялда гьабуна гьанжесеб адабияталъулаб авар мацӀ[4]
XV гӀасруялъул ахиралда болмацӀ лӀугьана киналниги аваразул ва гьезде гӀагаралщинал гӀисинал халкъазда гьоркьор ругел хурхеназул мацӀлъун, гьелъие гӀиллалъунги букӀуна Авар нуцаллъиялъул кверщел, экономикияб ва сиясияб къуват цӀикӀкӀин, аваразул миллаталъул консолидация.
БолмацӀ цебетӀеялъе ва тӀибитӀиялъе квербакъана гьединго ХVII ва ХVIII гӀасрабазда авараз ГуржиялӀе гьабулел рукӀарал чабхъеназ ва ХIХ гӀасрабазда Дагъистаналъул ва Чачаналъул халкъазул букӀараб эркенлъиялъе гӀоло къеркьеялъю[2]
Тарих
Сипат-сурат
БолмацӀалда асарал
Ралагье гьединго
МугъчӀваял
- ↑ Агния Васильевна Десницкая. Наддиалектные формы устной речи и их роль в истории языка. — 1970.
- ↑ 2,0 2,1 "Бол мац – феномен дагестанской цивилизации". mkala.mk.
- ↑ "AVARIC LANGUAGE". gutenberg.us (английский).
- ↑ "АВАРСКИЙ ЯЗЫК". Энциклопедия Кругосвет.